МагъчIваялъе рес

Мисралда гьабун буго теракт


Россиялдаги гIемерисел улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде хурхен бугел гIадамаз жидедего тIаде босун буго Мисралъул Синаялъул бащдабчIинкIияллъиялда бугеб петералде гьабураб тIадекIанциялъул жавабчилъи.

Гьелъул хIасилалда хун рагIула щуго чи, лъукъун вуго I2. Гьезда гъорлъан 9 чи кколев вуго къуватиял идарабазул хIалтIухъаби.

ТIоцебесеб бомба кьвагьун буго петералда аскIоб чIезабун букIараб автомобилалда, анцIго минуталда кьвагьараб кIиабилеб бомбаги лъун букIун буго гьелдаго аскIобеххун.

XS
SM
MD
LG