МагъчIваялъе рес

Туркиялъул ракетаялъ бортизабуна Россиялъул аэроплан


Россиялъул Улка цIуниялъул министерлъиялъ тасдикъ гьабуна Россиялъул Су-24 аэроплан Сириялъул Хмеймим абураб авиабазаялде нахъе буссунеб мехалда Туркиялъул F-I5 аэропланалдаса биччараб ракетаялъ бортизабун букIин. Гьеб кканин Сириялъул гьаваялъул гIатIилъиялдайин ва Туркиялъул гIорхъаби хвезарун рукIинчIин, лъазабулеб буго гьеб идараялъ.

Талат къоялдаго Стамбулалда Россиялъул Генералияб консульлъиялда цере ракIарарал гIадамаз протест загьир гьабун буго Россиялъ турказе гIагарал туркманаз гIумру гьабулел мухъазда рагъулаб операция тIобитIиялде данде.

XS
SM
MD
LG