МагъчIваялъе рес

Нальчикалда 11 яргъид гIуцIарав чIван вуго


Нальчик шагьаралъул сверухълъиялда гьатIан къоялъ тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда 11 яргъид гIуцIарав чIвана полициялъулаз. Гьел гIадамаз «Исламияб пачалихъалъе» гьа бан букIана, ян лъазабуна 22 ноябралда Терроризмалде данде чIараб Россиялъул миллияб комитеталъ.

ЦIех-рех чагIазул баяналда рекъон хасаб операциялъул хIасилалда батун букIанин яргъид гIуцIараз чIей гьабулеб блиндаж.

МутIигIлъе ян абураб полициялъулазул тIалабалдаса гьез инкар гьабун букIанин ва кьвагьа-гIанхъи байбихьанин. Жиндир иргаялда низам-цIунулез гранатаби рехун, гьел чIвана.

Россиялъул тIадтаразул баяналда рекъон Исламияб пачалихъалъул кьеразда гъорлъ Сириялъул ва ГIиракъалъул территориялда аза-азар кавказияв вуго.

XS
SM
MD
LG