МагъчIваялъе рес

Anonymous: террористаз цIиял гьужумал хIадур гьарулел руго


Anonymous абулеб хакеразул халкъаздагьоркьосеб къукъаялъ лъазабуна, Исламияб Пачалихъалъ цIиял терактал хIадурулел ругин Франциялда, Италиялда, Цолъарал Штатазда, Ливаналда ва Гьиндонезиялда.

Гьадин лъазабуна International Business Times газетаялъ. Америкалъул Цолъарал Штатазул ЦIех-рех гьабулеб Федералияб бюроялъ жиндир иргаялда абулеб буго, жиндихъ гьадинаб информация гьечIин.

Амма гьадин абун бугониги Атлантаялда кьваризарун руго хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал. Хасго гьеб шагьаралда террористазе бокьилаанин тIаде-кIанцIи гьабизе, ян лъазабуна хакераз.

XS
SM
MD
LG