МагъчIваялъе рес

ООН-алъ хасаб резолюция къабул гьабуна


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъ рузман къоялъ Франциялъул жигаралдалъун къабул гьабуна «Исламияб пачалихъалде» данде цадахъаб къеркьей гьабиялда хурхараб хасаб резолюция.

Резолюциялъ ахIи балеб буго Исламияб пачалихъ ва Фронт ан-Нусра гIуцIабазул Сириялда ва ГIиракъалда ругел объектал тIагIинариялде.

Амма гьелда рехсон гьечIо Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул низамалъул анкьабилеб статья. Хасго гьелъ ихтияр кьолеб буго рагъулаб къуват хIалтIизабизе. Гьединлъидал, къабул гьабураб резолюциялъ изнуги кьолеб гьечIо рагъулал операциял тIоритIизаризе.

XS
SM
MD
LG