МагъчIваялъе рес

Баркала, Сергей Борисович...


Борис Ельцин ва Егор Гайдар. 1992 соналъул 4билеб июль
Борис Ельцин ва Егор Гайдар. 1992 соналъул 4билеб июль

"Терроризмаялда данде къеркьеялъулъ парламенталъул пикру аслияблъун кколаро" - ян абурал президентасул администрациялъул нухмалъулев Сергей Ивановасул рагIаби ругин абизе бегьула тIалъикодосез къанагIатго бицунел ритIарал рагIаздаса цояллъун. Щиб хIисаб тIадегIанав хIакимчиясул гьал рагIабалъ букIарабали абизе захIмат буго, амма гьел рагIаби руго магIарулаца абухъе тIехь бакьулъа рагIаби. РачIаха хIисаб гьабизе кинаб букIараб цIияб Россиялъул парламентизмалъул тарих. Щай жакъа Ивановас гьедин абураб? Хал гьабилин цересел соназул.

2000 абилел соназда федерациялъул вертикаль щула гьабизеян федералиял округалги, тIубанго партиязул сияхIаздалъун бищулеб парламентги гьабураб сагIаталъго къоно чIванин улкаялъул бижун бачIунеб парламентаризмалдаян абизе бегьула.

Гьеб "парламентаризм", ай пачалихъалъул нухмалъиялда парламенталъул аслияб рагIи бугеб къагIида Россиялда официалияб къагIидаялъ тасдикъ гьабичIониги, букIана гьеб хIакъиъкталда 1990 абилел соназда. Щай гурелъул дол соназда парламенталде рищун рукIана рагьараб къеркьеялдалъун, балъгояб гьаркьидалъун, хIакъикъаталда жидерго округазда бищунго цIикIкIун гьаркьал росизе кIварал чагIи.

Гьел рукIана рагIи билълъарал гIадамал, халкъалъ рахъги кколеб букIана гьезул. Пачалихъалъул аслияб тIалъи загIиплъараб ва халкъалъ балъгояб гьаркьидалъун бищараб парламенталъул кIудияб асар букIана хIукуматалдаги, доб заманалда тIалъиялда вукIарав Борис Ельцинидаги. РакIалда батила тIоцеве хIукуматалъул нухмалъуда Егор Гайдар тезавизе кIоларого президентасулгун парламенталъул дандеккунгутIиял.

Гьеб букIана хIакъикъияб парламентги, депутаталги, бахIсалги, гьезул хIасилалда балъгояб гьаркьидалъун гьарулел хIукмабиги. Россиялъул демократияб партиялъул цевехъан Николай Травкиница тIаб буссун Гайдарил кандидатура битIидал Ельцинида абуна: "Борис Николаевич, Наполеон Бонапартица Франция хвасар гьабиялъул мурадалда жидние рухIгIан хирияй лъади Жозефинадаса инкар гьабун букIана.

Дуда кIоларищ Россиялъе гIоло Гайдаридаса инкар гьабизе ... тIаде жоялъе Гайдар дур лъадиги гуро" - ян. Хъуй бахъана парламенталда релъулел депутатазул, хIатта гьеб махсароялъулъцин нилъеда рихьулел руго хIакъикъияб парламенталъул гIаламатал.

Живго Ельцин демократиялъул карачелалъ ва гьелда сверухъ гьабураб демагогиялъ политикияб карьера гьабурав чи вугониги, 1994 абилеб соналъ халкъалъ бищараб парламенталде гIарадаги бан тахбакI босарав чи вукIана. Гьеб хIалалдаги кIвечIо гьесда парламенталда тIубанго кверщел гьабизе.

Гьес кьун букIанин абизе бегьула ихтияр халкъалъе бокьарал вакилзаби рищизе - регионазул бутIрулги, парламентги, хIатта живгоцин хIалица бергьана, ай къурав бергьизавуна Зюгановасда 1996 абилеб соналъ. Улкаялъул нухмалъуде В.Путин вачIарабго гьес биххизе къачIан букIараб улка щула гьабуна.

Амма къоно чIванин абизе бегьула парламентаризмаялда, ай халкъалъ рищарал депутатаца ва думаялъ тIалъиялда гьабулеб асаралъе. Гьелъие мисаллъун буго жакъа Россиялъул политикаялда рищунго гвангъарал ва жамгIияталда асар бугел политикал: В.Жириновский, Г.Зюганов, Г.Ялинский, И.Хакамада ва цогидал. Гьел политикаялде рачIана Ельцинил заманалда. Гьел соназда эркенаб пикруялъеги рагьараб политикаялъеги бакI кьун.

Путинил заманалъул партиязул церехъабазул ва министразул цIаралцин лъаларо халкъалда. Гьел жалго жидецаго гьарурал гурел, тIаса гъоркье халкъалъухъе риччарал чагIи рукIун. ГIадада гурелъул жив хIукуматалда ва Путинида данде чIараб партиялъул цевхъанин кIалъазе вахъарав Сергей Мирононвасул хIакъалъулъ Зюгановас абураб: " Сон цо квешго мегеж кIварав чияс цо жал ххенолел рукIана оппозициялъул цIаралдаса..." - ян.

Ургъун бахъараб буго оппозицияги. ГIурхъичIвай гьабуна рагIуе эркенлъуе, халкъияб информациялъул алатаздаса гьаруна пропагандалъул алатал. Гьеб нилъеда бихьулеб, рагIулеб, цIалулеб буго. ЦохIо талихI ккараб жо, жакъа церетIурал технологиязул дунялалда гIорхъичIвай гьабизе кIолеб гьечIо интеренталъе ва альтернативияб информациялъе. Гьелъ рес кьолеб буго улкаялда лъугьа-бахъунеб бичIчIизе ва хутIараб дунялгун данде кквезе. Гьадал Сергей Ивановасул: "

Терроризмаялда данде къеркьеялъулъ парламенталъул пикру аслияблъун кколаро" абурал рагIабиги руго, магIарулаца абухъе тIехь бакьулъа рагIаби. Гьел нилъеда рагIичIого хутIизе ресги букIинчIо. Мекъи ккун абураб батаниги баркала загьир гьабизе бокьун буго Ивановасе. Баркала, Сергей Борисович... Дуца гьаб макъала цIалани гьикъила, "сундухъ?" - ин. Гьелъие жаваб дир гьечIо.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG