МагъчIваялъе рес

«Мисиралъул дандерижи Дагъистаналда рагIизеги рес буго»


Синаялъул бащдабчIинкIиллъиялда ИГИЛалъ Россиялъул аэроплан бортизабиялда бан, Дагъистаналда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазги жидерго хIалтIи чIаголъизабизе рес бугин абураб баян тIибитIизабуна 20 ноябралда Дагъистаналъул прессаялдасан хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъ.

Гьелъул хIисабалда рекъон, республикаялда рагIула гьединаб 12 къокъа. Гьел рахчун рукIине рес бугила мугIрузул мухъаздаги, рохьаздаги, гIиял къайи чIварал бакIаздаги. Гьединго ИГИЛалъе гьа барал изну гьечIого яргъид гIуцIаразулги вугила 800-де гIагарун чи. Гьезул гIемерисел Дагъистан тун къватIир руго, низам цIунулезул баяназда рекъон.

Сириялде рагъизе Дагъистаналдаса аразул къадар 600 чи вугин бицана гьал къоязда «Газета. Ру» - ялъе республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги. Цо-цоял анила тIубарал хъизаналгун цадахъгицин. Амма гьабсагIаталда чIезабизе кIолеб бугила Сириялде рагъизе гIадамал ин. Масала, киналго идарабигун, муниципалиял гIуцIабигун цадахъ рекъон гьабулеб бугила бичIчIи кьеялъул хIалтIи.

Гьединаб тадбир тIобитIана гьал къоязда Унсоколо мухъалъул Шамилхъалаялдаги. Гьенив цо мажгиталъул имамас бачараб мисал рекIее гIун бугоан МугIрузул мухъалда республикаялъул бетIерас тарав вакил хисулев ГIамирхан МухIамаддадаевасе.

ГIамирхан МухIамаддадаев: «Цебесеб рузман-къоялъ дун ун вукIана Шамилхъалаялде. Гьенир киналго мухъазда ругел спорталъул бутIабазул нухмалъулелги гIахьаллъун бицунеб букIана къваригIел гьечIел ишаздехун руссинаредухъ лъимал спорталде разаризе кколилан. Гьелъие гIоло волейбол, гугари, самбо, дзюдо батаниги, бокьараб тайпаялъул секциялги рагьизе кколилан.

Гьенибго мажгиталъул имамас бицараб кьучIаб хIадисги бокьана дие цIакъ. МухIамад аварагасда (с.гI.в.) аскIове вачIун вугила цо гIолохъанчи жиндие жигьад гьабизе ине бокьун бугилан. Гьес гьикъун бугила гъосда дур рокъосез щибилан абулеб бугебан. Валлагь гьел цIакъ пашманго ругин, разиги гьечIин жаваб кьун бугила гIолохъанчияс. Гьеб мехалда аварагас абун бугила гьесда мун рокъове айин, дурго гIагарал роххизари бугин дур жигьадилан.

Гьединго диналда рекъон абула, эбелалъул хIатIазда гъоркь бугин алжанилан. Щиб ккелебани лъалареб бакIалде унев чияс щай хIисаб гьабулареб гьелъул? Хадуй гIодулей эбелги тун арав чиясе щиб алжан букIинеб?

БичIчIи кьеялъул хIалтIи спорталъул чагIазги гьабулеб бугони, мажгитаздаги, школаздаги, культураялъул бакIаздаги гьабулеб бугони, хIалтIи релълъина. Бокьараб рагъ ракълидалъун лъугIулин абураб абиги бугелъулха…».

ЭР: «Сириялде вагъизе арав чиясул инсуца бицана жиндир вас дове унароанин, амма низам цIунулез течIин дов гьанив, аниве-дове цIа-цIан…».

ГIамирхан МухIамаддадаев: «Жакъа къоялда Сириялда хурхун Россиялъул политика кинаб бугебалиги лъалаго лъил эбел-инсуцаха абилеб жиндир васас битIун гьабунин Сириялде инилан? Гьелъие гIиллаби рачинчIого гьезги теларо. Лъаларо, гьеб низам цIунулезулгун дандеккунгутIаби рукIанин абураб жо букIун батизеги бегьула, амма батичIого букIинеги рес буго».

Гьединан къанун цIунулез мех-мехалда гIорхъи бахунеб букIиналъул мисал рехсана ЭР-ялъе Гъизляр мухъалдаса ГIали ГIумаровасги. Гьесул вац ун вуго Сириялде вагъизе. Жал рази гьечIила гьев дове вагъизе иналда, амма низам цIунулезулгун гьесул лъугьарал дандеккунгутIабиги хIатталдаса ун рукIанила. Хадуб ГIалица гьадин бицунеб буго низам цIунулезул рахъалъ.

ГIали ГIумаров: «Гъоз рокъоса иналде ккезарула. Гьединлъидал гIадамаз абулебги буго рохьалъ гьанже чи хутIун ватиларин, гьенире тIуризарулел ругин гьез гIадамалилан. Гьаниб бицунеб букIана терроризмалде данде къеркьезе гIарац тIалаб гьабизелъун Россиялъул хIукуматалде Дагъистаналдасан хитIаб гьабидал, кинаб террорин нужер гьениб бугеб, сихIкъотIи бугилан жаваб кьун бугила гьезие.

Гьедин гIала-гъважа багъаризабулеб буго гьаниб. Масала, ярагъ батанилан хъвай-хъвагIайги гьабун, рачун туснахъ гьарулел руго. Дир вацасесеги гьабуна гьебго жо. Дун гьесул ишалъ адвокатасухъе араб цо анкьалда жанив 55 чи вачIун вукIана жидее кумек гьабеян дир вацасул адвокатасухъе.

Гьел киназдего букIана ярагъ батиялъул гIайиб гIунтIизабулеб. Цо-кIиго анкьида жаниб Гъизляр мухъалда гIадамазухъе рехараб ярагъ бугоан гьеб».

Дагъистаниял Сириялде рагъизе иналъул бициналде тIадруссани, Дагъистаналъул бетIерас «Газета. Ру» - ялъе кьураб доб интервьюялда абулеб буго нагагьлъун гьел дораса тIадруссун рачIани, тIокIалъ кирениги ине бажарунгутIизелъун гьел чагIи паспортаздаса махIрум гьаризе кколилан.

XS
SM
MD
LG