МагъчIваялъе рес

2 ягьудияв чIвана Тель-Авивалда


Тель-Авивалда щивали лъаларес нусгун кодоб тIаде кIанцIи гьабуна гьениб бугеб цо минаялде ва кIиго чи чIвана гьез как балеб мехалда. Гьел кколаан ягьудиял.

Хасго гьеб минаялда буго RT абулеб Россиялъул пачалихъияб телеканалалъул редакция. Жеги лъабго чи лъукъун вуго гьеб гьужумалъул хIасилалда. Рехсараб телеканалалъул сайталъ лъазабухъе жиндирго хIалтIухъанасе зарал щвечIин.

Reuters агентлъиялъ ГIизраилалъул полициялъул баяналда мугъ чIвай гьабун, лъазабуна, тIаде кIанцIарав ккун вугин.

XS
SM
MD
LG