МагъчIваялъе рес

Парижалда - хасал операциял


Парижалда ккун вуго 13 ноябралда гьенир гьарурал терактазде хурхен букIиналде шаклъи бугев 7 чи. Франс-пресс агентлъиялъул баяналда рекъон гьезул цояс абуна, жинца жиндирго рукъ ижараялъе кьун букIанин Бельгиялдаса гьенире рачIарал бусурбанчагIазе. Полициялъул пикруялда хасго гьез нухмалъи гьабулаан гьениб букIараб террористикияб гьужумалъе.

Парижалъул сверухълъиялда полициялъул хасаб операция унеб мехалда шаклъи вугев кIигояв чIван вуго, гьезда гъорлъ йикIарай цо чIужу-гIаданалъ жийго жинцаго чIвана, кьвагьулеб алат хIалтIизабун.

XS
SM
MD
LG