МагъчIваялъе рес

Мисиралда ккун вуго 17 чи теракталда хурхен бугев


Мисиралъул жанисел ишазул министерлъиялъ нахъ чIвана дагьалъ цебе загьирабураб информация – Россиялъул аэробус кьвагьизабиялда Шарм аш-Шейхалъул аэропорталъул кIиго хIалтIухъанасул хурхен букIарабин абураб. Гьадин лъазабулеб буго ТАСС агентлъиялъ Мисиралъул министерлъиялъул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Мисиралда ккун вуго 17 чи рехсараб теракталда хухен букIиналда шаклъи ккедал. ЦIех-рех чагIазул пикруялда хасго гьел гIадамаз кумек гьабуна аэробусалде бомба бахчун лъезе.

XS
SM
MD
LG