МагъчIваялъе рес

Conflict Intelligence Team-алъ - Сириялда Россиялъ бачунеб рагъул хIакъалъулъ


Conflict Intelligence Team абулеб волонтеразул къукъаялъул хIаракатчагIаз интернеталда загьираруна циял баянал Сириялда «Исламияб пачалихъалде» ва яргъид гIуцIараб оппозициялде данде Россиялъул рагъулал къуватаз гьабулеб операциялда хурхарал.

Загьирабураб видеоялда бихьулеб буго Россиялъул аскарияз ракьул рагъулаб операция тIобитIулеб куц. Гьеб гуребги, гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда рекъон Россиялъул авиациялъ цо-цо гражданиял объектаздеги гьавадул гьужумал гьарун руго.

XS
SM
MD
LG