МагъчIваялъе рес

Америкалъул хасал хъулухъаз - Россиялъул аэробус бортиялъул бицана


Америкалъул Цолъарал Штатазул хасал хъулухъазе щварал баяназда рекъон Россиялъул махшелчагIаз гьарурал-кIалъа-басаяздалъун бихьулеб буго Синаялъул бащдаб чIинкIиллъиялда 31 октябралда Россиялъул аэробус бортиялъе гIиллалъун бомба кьвагьизаби кканин.

Гьадин лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ америкалъул сурзатазде мугъ чIван. Шарм аш-Шейхалдаса Санкт Петербургалде боржун унеб букIараб аэробусалда рекIёарав 224 чи гIумруялдаса ватIалъана катастрофаялъул хIасилалда. Мисиралъги Россиялъги гьанжелъагIан официалияб баян гьабичIо гьелда бан.

XS
SM
MD
LG