МагъчIваялъе рес

Франциялдаги Бельгиялдаги - хасал операциял


Франциялъул тIадтараз тIобитIана Парижалда букIараб теракталда хурхен букIиналда щаклъи бугел гIадамал кквеялъул операция. Гьадин лъазабуна Франциялъул жанисел ишазул министр Казнев Бернардица.

ГIаммаб къадаралда 168 чIухь бан буго улкаялъул 19 департаменталда ва кIуди-кIудиял шагьаразда. Батун буго ярагъ-матахI ва наркотикал. 104 чи рукъосеб шартIалда жаниве тIамун вугоан. 23 чи заманалъ туснахъ гьавун вуго. Казневасул рагIабазда рекъон операция халат бахъине буго.

Гьадинабго хасаб операция тIобитIана Бельгиялъул тахшагьар Брюсселалъул Моленбек абулеб мухъалда. Гьелъул мэр Франсуаз Шепманица ва Бельгиялъул прокуротураялъул вакил Эрик Ван дер Сиптица лъазабуна, операциялъул хIасилалда цониги чи ккун гьечIин.

XS
SM
MD
LG