МагъчIваялъе рес

Петербургалда Назаров ГIумаргIали ракIалде щвезавиялъул митинг


Петербургалда гьатIан къоялда тIобитIана Таджикистаналдаса Назаров ГIумаргIали ракIалде щвезавиялъул митинг.

Эркенлъи Радиоялъул мухбиралъ гьенисан лъазабухъе, митингалде цIорораб цIадалаб къо букIиналде балагьичIого, вачIун вукIун вуго 200-гIан чи.

5 моцI гурони букIинчIев ГIумаргIали хваралдаса 14 ноябралда тIубана цо моцI.

Миграционияб къанун хвезабунин абун ккурай эбелалъухъа гьеб рижи полициялъ бахъун буго ва чанго сагIаталдаса гьев хун вуго азарханаялда.

Митингалде рачIараз загьир гьабулеб букIана ГIумаргIали хвеялъе экспертизаялъ рехсолел гIиллабазда жидер гьечIеб божиялъул. Гьез тIалаб гьабулеб букIана гьев хвеялъе рукIарал гIиллабазул букIине кколеб цIех-рех гьабизе.

XS
SM
MD
LG