МагъчIваялъе рес

ЧIван вуго ИГИЛалъул гIащтIичи МухIамад Эмвази


«Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб къукъаялдаса Джихади Джон абулев чи чIван вуго пилот гьечIев аэропланалъул кумекалдалъун. ИГИЛалда гьев лъала МухIамад Эмвази абураб цIаралда ва асиразул бутIрул къотIулев чи хIисабалда. Гьедин лъазабулеб буго Америкаялъул тIалъиялъул вакилзабаз.

Британиялъул ватIанлъи бугев Эмвази чIван вуго Сириялъул Ракка шагьаралда цо рокъоса къватIиве лъугьун автомашиналда рекIунаго.

РакIалде кковухъе, Кувейталда гьавурав гьев, ИГИЛалъул чагIазул бищунго лъалев вукIана гIадамал чIвалаго рахъал видеоязда вукIун. Гьениб гьесда ретIун букIуна чIегIераб ретIел ва кIалъала гьев ингилис мацIалда британиялъул акцентгун.

Гьев вукIана америкаялдаса журналистал Стивен Сотлофф ва Джеймс Фоли, батIи-батIиял рахIмуялъул идараяздаса ГIабдула-РахIман Кассиг, Дэвид Хэйнес ва Алан Хеннинг, гьединго Япониялдаса журналист Кендзи Гото ва цогидал асирал чIвалел видеоязда. Пентагоналъ лъазабулеб буго Эмвази чIвараб операциялъул мухIканлъаби хадусан къватIире загьир гьаризе ругин.

XS
SM
MD
LG