МагъчIваялъе рес

Петербургалда байбихьана ГIумаргIали назаровасул ишалда сверун процесс


Петербургалъул шагьаралъул диванханаялда хамиз къоялда байбихьана Таджикистаналдаса щуго моцI барав Назаров ГIумаргIали хвеялъул ишалъул хал гьабизе.

Гьеб ишалъ кIудияб хъуй багъаризабун букIана жамгIияталда гьоркьоб.

13 октябралда гьев нахъе восун вукIана, миграционияб низам хвезабурайин абун, гьесул эбелалъухъа. Чанго сагIаталдасан азарханаялда гьев хола.

11 ноябралда экспертизаялъ лъазабуна гьев хвеялъе гIиллалъун кканин вирусазул инфекция ва гьелъ гьесул ракIалде хIал щвезабунин. Гьесул эбел-эмен Зарина Юнусова ва Рустам Назаров божулел гьечIо экспертизаялъул хIасилазда. Киданиги унтун букIинчIеб лъимер гьедин кин холебали бичIчIунеб гьечIо гьезда.

XS
SM
MD
LG