МагъчIваялъе рес

Сербиялъул премьер щвана Сребреницалде


Сербиялъул премьер-министр Александр Вучич 11 ноябралда щвана Сребреницалде. Гьес гьенир ракIалде щвезарулел рукIана 1995 соналда чIварал бусурбаби.

Европаялъул рахъ ккураб нухде гьесарав ва цеве ультранационалияв политиклъун вукIарав Вучичица тIугьдул лъуна хварал ракIалде щвеялъе бараб мемориалалда.

8000 бихьинчигун васал чIван рукIана Сребреницаялда 20 сон цебе Босниялъул сербаз. Гьеб букIана Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса хадуб Европаялда ккараб бищунго кIудияб рагъулаб такъсир.

ТIоцеве Сребреницаялде щварав Вучичил рахъалде цо-цояз «Аллагьу акбаринги!» ахIулаго ганчIал ва шушби речIчIунги руго.

XS
SM
MD
LG