МагъчIваялъе рес

Карауловалъ адвокатаздаса инкар гьабун буго


МГУялъул студентка Караулова Варвараца тIубанго тIаде босун буго Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъаялде лъугьине хIаракат бахъулеб букIанин абун гьелда гIунтIизабулеб гIайиб.

10 ноябралда диванхаялда гьелда официалияб куцалда гIунтIизабун буго гьеб гIайиб. Москваялъул шагьаралъул диваналда гьелъ талат къоялда гьединго инкар гьабун буго адвокатаздасаги. Адвокатаз рикIкIунеб буго цIех-рехалъул изоляторалда гьелде тIадецуй гьабулеб бугин.

Исана риидал «Исламияб пачалихъалде» лъугьинейин уней йикIарай гьей Сириялъул гIорхъодаса тIадюссинаюн рокъое ячун йикIана, амма хадуб тIатун буго жий гьение ячуней йикIарал чагIигун гьелъ бухьен тIезе тун гьечIолъи. Гьединлъидал 28 октябралда гьей жаний тIамун йикIана.

XS
SM
MD
LG