МагъчIваялъе рес

Пентагоналъул ургъел ккун буго Москваялъ гьарурулел галабазда бан


Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Эштон Картерица лъазабуна, Россиялъ гьанже билъанхъизабулеб политикаялдаса хIинкъи бугин дунялалъул низамалъейин.

Гьес Россиялде гIайиб гIунтIизабуна Гуржиялъулги Украиналъулги суверенитет хвезабиялъул, Балтикаялъул улкаби хIинкъизаризе хIалбихьиялъул ва Сириялда гражданияб рагъ дагьалъги халат бахъиналъе квербакъи гьабиялъул.

Пентагоналъул бетIерасул къиматалда, бищунго кIвар кIудияб фактор кколеб буго Россиялъ ядерияб ярагъ хIалтIизабизе бегьиялда хурхун гьабулеб лъазаби. Гьелъ суалал рижинарулел ругин стратегияб ракIчIараб ахIвал-хIал цIунизе гъулбасарал къотIи-къаял Москваялъ тIуразаризе рукIиналда хурхунин, жубалеб буго министрас.

Эштоница лъазабуна гьединго, Цолъарал Штатазе къваригIун гьечIин Россиялъулгун рагъин, амма жал хIадурал рукIине кколин Москваялъул агрессивияб хьвада-чIвадиялде жавабалъейин.

XS
SM
MD
LG