МагъчIваялъе рес

1949 соналдаса хадуб тIоцебесеб нухалда дандчIвана Китаялъулги Тайваналъулги лидерал


1949 соналдаса хадуб тIоцебесеб нухалда Сингапуралда шамат къоялда дандчIвана Китаялъулги Тайваналъулги лидерал Си Цзиньпин ва Ма Инцзю.

КIалъа-басаязда цебе Ма Инцзюца хьул загьир гьабуна, Китаялдаги Тайваналда гьоркьоб диалог халат бахъине букIиналъул. Гьесул рагIабазда, гьел кIалъа-басаязул мурад ккола регионалда ракълилалб ахIвал-хIал щулалъизаби.

Гьезда цебе Тайваналъул тахшагьар Тайпеялда гьел кIалъа-басаял тIоритIиялде данде ругел демонстрантаздаги полициялдаги гьоркьоб ккана тунка-гIусиял.

Китаялъул централияб хIукуматалдаги Тайваналдаги гьоркьор официалиял гьоркьорлъаби къотIизарун рукIана 1949 соналда, ай, Китаялъул коммунист партиялъулгун Китаялъул миллияб партиялъул букIараб гражданияб рагъда къурал Чан Кайшил рахъ кколел чIинкIиллъиялде лъутун хадуб.

XS
SM
MD
LG