МагъчIваялъе рес

Россиялдаса Мисралде авиарейсал гьоркьор къот1изаризехъин руго


Федералияб хасаб хъулухъалъул бетIер Александр Бортниковас рикIкIунеб буго, Синаялъул бащдабчIикIиллъиялда A32I аэробусалъул катастрофа ккеялъул багьана батизеIган Мисралде Россиялъул авиация боржин чIезабизе кколин. Гьеб бищунго туризмалъул каналалда хурхараб бугин.

Гьелда цебе Мисралъул Шарм аль-Шейх шагьаралъул аэропорталъул директор Хани Рамзица лъазабун букIана россиялъулал инкар гьабулеб гьечIин Мисралде рачIине, кататстрофаялда хурхун гьез гьарулел гьечIин гIедегIарал галабийин.

Дагьалъ хадуб бачIараб информациялда рекъон, Россиялъул президент Владимир Путин разилъун вуго Мисралде авиарейсал гьоркьор къотIизариялъул Бортниковасул цебелъеялда.

XS
SM
MD
LG