МагъчIваялъе рес

ООН: «Беларусалда эркенал информалатал рукIине шартIал гьечIо»


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Беларусалда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун хасаб доклад загьир гьабурав Миклош Харастица рикIкIунеб буго, гIатIидал реформаби гьаричIого гьеб улкаялда лъиданиги рачIел информалатал рукIине рес гьечIин.

Гьебго пикру Харастица загьир гьабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генассамблеялде хIадур гьабураб докладалдаги.

Гьес кIвар буссинабулеб буго, улкаялда къанунал хIалтIулел гьечIин бицине лъугьарал журналистазде гьабулеб вахIшияб тIадецуялде.

Рузман къоялда иргадулаб нухалда президентасул рищиязда бергьарав Александр Лукашенкоца щуабилеб нухалда ккуна улкаялъул лидерасул хъулухъ.

Магърибалъул тоххалчагIаз лъазабулеб буго, Беларусалда тIоритIарал президентасул рищиял рикIкIине бегьуларин я эркеналлъун, я ритIухъалъунин.

XS
SM
MD
LG