МагъчIваялъе рес

Франциялъ ГIагараб Машрикъалде терроризмалде данде къеркьезе битIулеб буго «Шарль де Голь» гама


Франциялъ ГIагараб Машрикъалде терроризмалде данде къеркьеялъул мурадалда битIулеб буго «Шарль де Голь» абураб авиация тIад бугеб флагманалъул нухмалъиялда гъоркь гумузул къокъа.

Гьединаб хIукму гьабунин Сириялдаги ГIиракъалдаги загьирлъулеб ахIвал-хIалалда сверун гIуцIараб мажлис улкаялъул президент Франсуа Олланд дандчIвалеб мехалдайин, лъазабулеб буго Елисейил КIалгIаялъул сайталда.

XS
SM
MD
LG