МагъчIваялъе рес

Гьаби цIунулезда лъалел, бусурбабазда лъаларел ихтиярал


Политикияб бичIчIи гIадамазухъе щола улкаялда лъугьа-бахъунелда хадуб хал ккун ва гьелда гъорлъ гIахьаллъун. Нилъ, дагъистаниял гьеб рахъалъ кьижун руго, рорчIизе заман цебего щваниги кьижун руго.

Дагьаб цебегIан Москваялда тIобитIана митинг, гьаби рагъизариялда данде. НусгогIан чи къватIивги вахъун тIадчагIаздаса тIалаб гьабуна гьеб вахIшилъиялъе ахир лъеян. РакIалда чIана гьезул тIалабаздаса цо ахIи: «Гьабзазулги ихтияр буго гIумру гьабизе» абураб. Цо чияс шакърахун бицунеб букIана жидеца чIужуялъгун щуго соналъ хьихьараб гьойдул къисматалъул, дагьаб цебгIан хун рагIула гьеб.

Гьаб сагIаталда тIубараб Москваялда лъалеб буго гьабзазул тIалаб гьабулел гIадамал рукIин ва гьезулги тIалъиялда рагIулеб гьаракь букIин. ГIажаиблъи гьабиларо гьабзазул рахъ ккуразул чагIи Москваялъул парламенталде рорчIани ва гьез пачалихъалдаса гьаби хьихьулел хасал рукъзал разе тIалаб гьабуни.

Цо-цо Европаялъул пачалихъазда руго гьел. ХIисабалде босизе бугищ тIадчагIаз гьабзазул рахъ ккуразул тIалаб? Буго. Щай гурелъул гьез жидерго гьаракь рагIизабуна. Гьебго заманалда бусурбабазда Къурбан байрам баркун щибиб соналъ цеве цеве вахъула Россиялъул муфтий Равил Гайнудин. Дагьаб цебегIан I2 миллиардалдаса цIикIкIун гIарцги хвезабун Дагъистаналдаса сенатор Сулейман Керимовас бараб Европаялда бищунго кIудияб мажгиталдацин бакI гIолеб гьечIо Москваялда ругел киналго бусурбаби жанире рачизе. Гьес гIид баркулел нус-нус азарго бусурбаби рукIуна киназего гIаамаб Россиялъул шагьаразда гьабзазул чороклъиги, хIарщги, цIадги жубараб биччараб къотIноб нодоги чIван Аллагьасе как балел. Как базе гIурал мажгиталги санагIалъабиги гьечIолъиялда бан.

Дагьав цевегIан дун сапаралъулаб командировкаялъе щун вукIана Краснодар шагьаралде. Россиялъул Югалда бугеб, жанир аза-азар бусурбаби ругеб миллионалдасаги араб шагьаралда цониги мажгит гьечIоан рузман балеб. Рузманалъе гIадамал унел рагIула Адыгеялде. Гьедин букIинеги буго жеги. Бусурбабазул гьаракь ва гражданазулаб ва политикияб бичIчIи гьечIогь, гьаби цIунулезул гьеб буго. Россиялъул тахшагьаралда ругел аслиял гIадамал – диаспораби, жамагIатал, гIуцIаби тIадчагIаз чIезарун руго шагьи-кепек чваххулел бакIазда. Гьезие ургъел гьечIо гIадамазул ихтияразул ва законалъул.

Кагътида хъвараб закон хIалтIулареб мехалда гьеб хисун бачIуна хъвачIеб закон – гIадамал, церерахъинал, митингал. Рагъулаб гIелмуялъулъ бицунеб буго киналго цолъун къеркьарабго пилалдаса цIунцIраби бергьиналъул. Гьединабго мисал буго пачалихъалъулгун халкъалъулги. Нилъеда якъинго рихьулел руго миллатчагIазул рахъалде гьетIун улкаялъул тIадчагIаз закон хвезабиялъул хIужаби.

Гьезукьа хIинкъун Расул Мирзаев жанив чIезави. Нужеда киданиги рагIанищ Москваялда кавказияз ва бусурбабаз жидер ихтияр хвезабиялда хурхун тIобитIараб митинг? Жакъа Россиялъул халкъал цолъиялъул байрамазда аслияю тахшагьарлдацин цере рахъула жин ва миллиат батIияздаса Москва бацIцIад гьабизе ахIулел лозунгалгун.

ХIисаб гьабеха, Манежалъул майданалде бахъараб халкъалда данде митинг гьабизе кавказиял рахъани кинаб хIалдай букIинаан тIадчагIазул ва щиб гьез гьабизе букIараб? Гьединго Мирзаевасул судалда хурхун рахъани, яги Митино станциялда мажгит баялда данде рахъарабго нусазарго бусурбанчи вахъани гьелъие законалъ кьураб ихтияр тIалаб гьабун кьелаангури хIасил.

Щай гьедин гьабулеб гьечIеб. Москваялда хинал тахбакIазда ругел ва парламеталда ругел нилъер «авторитетаз» абула «гьезда релълъун лъугьунге, закон цIуне» - ян. Гьеб «закон цIуне» ялъул магIна буго нуж митингазде унге абураб жо. Амма нилъеда лъазе ккола митинг буго жакъа гIицIго тIадчагIи халкъалда гIенеккизарулеб алатлъун. Гьеб буго законалъ нилъее кьураб ихтиярги.

Гьеб буго улкаялда жанибги, халкъазда гьоркьосеб политикаялда тIадчагIазул гIунгутIаби загьир гьарулеб къагIида. Гьеб буго улка къуватаблъун ва законал цIунулеблъун лъугьинабулеб нух. Кавказияздаги бусурбабаздаги жидее конституциялъ кьурал ихтияразда рекъон пачалихъалдаса ращаголъи тIалаб гьабизе лъангутIиялдалъун цIикIкIунеб буго власталъул рахъалдасаги миллатчилъи. Гьаб сагIаталда гражданазул жамгIиятги ихтиярал цIунулеб, законалда цере киналго ращад гьарулеб пачалихъги гьабиялъе хIажат буго нилъеца митингаздалъун нилъер тIалабал тIадчагIазухъе щвезаризе.

Дунялалъул хIалбихьиялдаса нилъеда лъала СШАялда афроамериканаз митингаздалъун ва жамгIияталъул тIалабаздалъун бихьизабуна пачалихъалда битIараб нух. Гьеб нухалъ улкаялда бихьизабизе буго гьитIиналги кIудиялги, бакIалъулалги, рачIаралги, титульниялги, титульный гурелги халкъал рукIине кколареллъи. Пачалихъалда киналго гIадамал диналъухъ, кьералъухъ, миллаталъухъ багьичIого законалда цере ращадал рукIине ккеялъул.

Килисабазда ращад халкъалъул къадаралда ва тIалабазда рекъон киназего гIаммаб пачалихъалда мажгиталги разе кколеллъи. РитIухъаб пачалихъ гIуцIула гьениб жаниб бугеб халкъалъул гражданияб бичIчIиялъ ва жавабчилъиялъ. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG