МагъчIваялъе рес

Иран Сириялда терроризмалде данде къекркьезе гьечIо СШАгун


Сириялда терроризмалда данде къеркьеялъул кинаб букIаниги рахъалдаса гIахьаллъизе гьечIин Цолъарал Штатазул къуватазулгун гIаммал ишаздайин, лъазабуна ТIадегIанав лидер аятолла ГIали Хаменеил кумекчи ГIали Акбар Велайетица Тегераналда Сириялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул бетIер хисулев Файсал Мекдадилгун рукIарал кIалъа-басаязда.

Венаялда 30 октябралда тIоцебесеб нухалда Иран гIахьаллъарал Сириялда сверун халкъаздагьоркьосел кIалъа-басаязда бажаричIо Сириялъул президент Башар Асадил къисматалда хурхун цо пикруялде рачIине. Тегераналъги Москваялъги гьесул рахъ кколеб буго. Цолъарал Штатазги гьезул партнеразги гьесдаса тIалаб гьабулеб буго хъулухъалдаса нахъе ин.

XS
SM
MD
LG