МагъчIваялъе рес

Депутат: "Прокуратураялъ пиаралъе гьарулел руго цо-цо ишал..."


Дагъистаналда прокуратураялъ дагIба балеб буго культураялъул министр Зарема Бутаевалъ гьеб идараялда хъулухъалда жиндир дурц теялда. Исана февралалда гьелъ гьев чи тун вукIун вуго федералияб кIваралъул объектал цIуниялъул бутIаялда тIоцебесеб даражаялъул махщелчилъун.

Амма прокуратураялъ рикIкIунеб буго цо бакIалда хъулухъалда гIагарал чагIи тани, гьез гьелдаса пайда босулилан.

Дагьалъ цебе прокуратураялъ гьединаб лъазаби гьабуна лъай кьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовасул вац Шагьрудин Шагьовасеги, сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовасул эмен Ибрагьим Ибрагьимовасеги.

Республикаялъул прокуратураялъ гьарулел гьел бадирчIваязул магIна батилин хIукуматалъул вакилзабазда гьоркьоб тухумчилъи лъугIизабиян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса журналист ГIали МухIамадовас. Амма культураялъул министралъ хъулухъ кьурав дурцасул мисал цIакъго мукъсанаб жо бугила.

ГIали МухIамадов: «Прокуратураялъ гьабулеб хIалтIул мисалал гIезегIан ратила, гьезие хIалтIиги гьаниб гIемер батила. Амма дун министр вукIаравани, дица дирго гIагарав чи хIалтIуда телароан. Цогидаз гьабун бихьун, такрар гьабун батила Бутаевалъги гьеб жо. Лъиего заралги гьабичIого, унголъунги гьединав хъулухъчиги хIажалъун вукIун, коллективалда дандги бан, конкурс гIадаб жоги тIобитIун гьабунани, батIияб жо буго. Амма гьеб мисал мукъсанаб жо буго. Гьелдасаги кIудиял мисалал зобги ракьгигIан гIемер руго республикаялда. Культураялъул министрлъиялда гьединаб хIужа букIин прокуратураялда лъан батила лъица батаниги гIарз бахъун хадуб. Гурони, жалго лъикIал лъугьун лъалароан гьелда гьелъул хIакъалъулъ. Амма нилъер гьаниб цIакъ сурукъго унеб буго гьагъаб хIалтIи – хъулухъал ирсалъе кьей».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Халкъияб Мажлисалъул депутат МухIамад МухIамадовас абуна тIасахун прокуратураялъ абизегIан чIезе кколароанин хIакимзаби гьединаб гIунгутIи лъугIизабизе. Гьезда байбихьудаго, гIагарлъи хъулухъазда толеб мехалдаго, лъазе кколин жидеца къанун хвезабулеб букIин.

Амма цогидаб рахъалъ босани, прокуратураялъги зани бегизабизе бегьуларила. Масала, хал гьабизе кколила гьев чи (лъил гIагарав ватаниги) унголъунги хIалтIизе бажарулев чи вугищали.

Хадубго МухIамад МухIамадовас кIвар буссинабуна республикаялда хIакимзабаз хъулухъазда жидерго гIагарлъи гуребги, росу-ракь цIехонги толел ругила гIадамал.

Бицен гьабулеб суалалда бан депутат МухIамад МухIамадовасда ракIалде щвана гъоркьанкьида республикаялъул парламенталда ккараб хIужа.

Ункъо бакI эркенлъун букIана гьениб депутатал министраллъунги муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъиялдеги иналъ. Гьедин мандатал Пайзудин Уцумиевасеги Аслан Казибековасеги кьолел ругин сессиялда лъазабидал, гьел щалилан гьикъана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Аслан Казибеков вугин дагьалъ цевегIан рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул ва бакIал раялъулгун министрлъун тIамурав Ибрагьим Казибековасул вас, Пайзудин Уцумиев вугин Гъизилюрт шагьаралъул мэр МухIамад Уцумиевасул василан жаваб кьуна гьесие.

Гьеб мехалда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна жиде-жидерги ругелъулинха васалги цогидаб гIагарлъиги. Жиндаги кIвелаанин гьел цере тункизе.

ПалхIасил, ГIабдулатIиповас абуна гьев кIиявго чиясул суал нахъбахъейин, ургъизегIан. Амма гьедин букIаниги, гьеб сессиялъул ахиралда Казибековги Уцумиевги парламенталъул комиссиялда гъорлъегицин рищана.

Гьелда бан гьадинаб баян кьолеб буго ЭР-ялъе цевехун рехсарав КПРФ-лъул депутат МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «ТIасан кIалъаял тIасан кIалъаял руго. Гьел ритIаралги ратизеги бегьула, цо рахъалдасан балагьани. Амма цогидаб рахъалъ абуни, гьел чагIазул сияхI хIадур гьабула пуланаб партиялъ ва гьел цереккунго хIадурунги рукIуна. Гьедин, мисалалъе, цо депутат хIалхьиялде унеб мехалъ гьесул бакIалде вихьизавурав чи гьесул васниги яги гIагарав чи вукIунилан, гьев депутатлъун вищизе гьукъуларелъулха къануналъ.

Гьесул мандатги хIадурун бугони, рищиязул комиссиялъ гьабула хIукму гьев тасдикъ гьавизе. Гьединлъидал гьев лъилалиго гIагарав чи вукIунилан ва моралиябгун этикияб хьвада-чIвадиялъул гIурхъиги гьес бахунеб гьечIони, гьев депутатлъун тезе бегьуларилан нижеца хIукму гьаби ккола къанун хвезаби.

Гьединлъидал цIакъго тIокIрорчIарал жал гьаризе бегьуларилан рикIкIуна дица. Гьанже гьев лъилалиго вас вугин, гьав хIакимчиясул дурц вугин, пуланав министрасул цинагIал вугилан нилъ кигIан гаргаданиги, кинаб къагIидаялъ батаниги, гьел ккун руго ХъахIаб Рокъоре, ва гьелъул системаялде гьоркьоре ва гьел гьениса нахъе рачине бигьаго тIубалеб масъала гуро».

ПалхIасил, прокуратураялъ иш пиаралде буссинабичIого, унголъунги къанун цIуниялде буссинабизе ккелин рикIкIунеб буго депутат МухIамад МухIамадовас.

XS
SM
MD
LG