МагъчIваялъе рес

РакIалдещвеязул щенон балеб цIад...


(Фазул вечер, МахIачевасул гъутухъ, Сайгидпашагун даргиялъ ахIулеб авар кечI)

2012 соналъул щуабилеб декабралъул къо букIана. ГIурус театралъул кIудияб зал тункун цIун букIана Фазу ГIалиевалда ункъого сон баркизе бачIараб гIаламалъ. ГIемерал гIадамал рукIана къватIирги, жанирги. ЦIакъ гIемерал хIакимзаби рукIана Дагъистаналъул президентасдаса рахъарал хIукумат, парламент, Пачалихъияб Думаялъул депутатал ва гIемерал цогидалги. Юбилеялъул сордо рагьана культураялъул министрлъун йикIарай Зумруд Сулимановалъ ва бачIинахъего рагIи кьуна президент МухIамадсалам МухIамадовасе.

МухIамадсаламица мухIканго кагътидаса цIалана Фазуца росарал рорхалъабазулги, гьелъие щварал шапакъатазулги, Дагъистаналъе ва улкаялъе шагIиралъул творчествоялъул бугеб кIваралъулги. ГIурус мацIалда Фазул кечIги цIалана МухIамадсаламица. Гьенир кIалъазе рахъарал чагIаз Фазул рахъалъ абурал рагIаби такрар гьаризе хIажалъи бихьуларо. Гьел рукIана цоцада релълъарал. Жибго юбилеялъул сордо гIуцIун букIана тIадегIанаб даражаялда, лъикIго. Фазу гIодой чIун йикIана залалда гIадамазда цадахъ. Тугьдул гурони кьолел конвертал, сайигъаталги рукIинчIо.

ЦохIо сайигъат кьурав чи ккана ХIажи МахIачев. Гьес Фазуе рецц-бакъалъул рагIабиги абун жиндирго квералъ гьабурабин цо гъутухъ кьуна. Къиматаб жо букIарабищ лъаларо, МахIачевас учузаб жо кинха кьелеб, бечедав чияс. ХIасил калам тIалъиялъул киналго вакиллъияз Фазуда баркиялги гьарун рагIи кьуна жийго юбиляралъе. БачIинахъего зал жиндир рахъалде цIазе кIвана Фазуда: « Изну кье дие гьаб сагIаталъ нужеца дир рахъалъ абурал киналго лъикIал рагIабазда тIад рекъезе» - ян залалда релъулезул ва хъат чIвалезул хъуй бахъана.

Бицана жиндир къисматалъул ва творчествоялъул нухлул – литинституталъул, жиндие щвараб кIийилалъул, Микеланжелал ва гIемераб цогидаб цебехунги нилъеда гIемер Фазудаса рагIараб калам букIана. ЦIалана авар ва гIурус мацIалда жиндирго чанго кечIги. «Дун гIемер гаргадулей йигин ккола, гIемер кIалъарабго дица дунго еццизе байбихьула» - ян нахъеги зал хъат чIвазе тIамуна Фазуца. Киналго данделъиялде рачIаразе баркалаги кьун ана Фазу сценаялдаса.

Байбихьана залалъур гIодор чIаразул гIемерисел урхъун рукIараб концерталъул программаялде. КочIол сордо рагьана машгьурай даргиязул кочIохъан ПатIимат Кагировалъ ГIадалло ГIалиевасул «Биччан те, МухIамад, цо щобил бакъан» абурал рагIабаздаса. АхIулеб букIана махщалида ва щавкъалда. Цебе авар мацIалда хадубго рекIун буссинабураб гьебго кечI дарги мацIалдаги. Залалъ кутакалда лъикI къабул гьабуна даргиялъ авар мацIалда ахIараб кечI.

КочIол сордо лъугIун хадув дагьалго гIазул хIулаби реххулеб хасалил сардилъ ХIамзатовасул къватI чIван вачIунев вукIана дун. ШагIир Адаллогун гьудулъиялда вугеб заман букIана, къо гьоркьоб биччан кIалъалеб ва адабияталъул бицун къацандулеб. Кьурана Адаллохъе. Дагьаб ккураб гIадаб гьаркьалъ саламги босун мун кивеххун вугевин гьикъана дос бачIинахъего. Дие бокьулаан гьесулгун цо гьудулълъиялъул бахIсал ва дагIба гьабизе ва абуна:

-Дун вачIунев вуго Расул ХIамзатовасул къватI чIван Ленинил майданалдехун нилъеего хирияйлъун йигей Фазул кочIол сордоялдаса - ян абуна дица бищунго асие рокьуларел кIиго поэтазул цIарги рехсон, ургъунго гIадин. (Гьанже гьеб дир чанкIкIиялда мун тIаса лъугьаха, цIалдолев) - Вабабай гьениб бакIарун бугебщинаб гIалам, жанибалдаса къватIиб халкъ гIемер буго, президент, министрал, депутатал... - ин лъун бачунеб букIана дица нахъойги.

-Вабабай... вабабай... ракI къалеб буго, лъачи, дир гьаб къапила бихьун - инги абун сас загIиплъана Адаллол. Бихьулеб букIана гьесие гIемер дица абулеб жо къабуллъичIеблъи. ХIукму ккана гьенивго рази гьавизеги.

-Дуда лъалищ кин Фазул вечер байбихьарабали? - ян гьикъана дица тату хварав Адаллода. - Фазул вечер байбихьана битIахъе черхалда гъар-гъар балеб хIалалъ даргиялъ авар мацIалда дур рагIабазда ахIулеб "Биччанте, МухIамад, цо щобил бакъан..." кочIоца, хадубго гьеб кечI дарги мацIалдаги ахIана. Доб къараб гьаракьги роцIцIун

-Батиларо, лъачи!!! - ян ахIун бачIана Адаллоца. ГIумру "кьалда" унев дуе къаси дур кечIалъ "тушманасул" территориялда босана бищунго ракI чIараб бергьенлъи. Мун ахIичIеб вечер дур кечIалдаса байбихьиялдаса кIудияб бергьенлъи кинаб букIунеб? - ин гьикъана дица. Адалло цIакъ рецц ва цIар бокьулев чи вукIана, вакIа-вахаризе кIолеб хIал букIинчIо гьеб къиматалъ. Хадув Расул сабаблъун барщана дидаса, гьеб батIияб тема буго. (Гьебго кочIол цойги лъугьа-бахъиналъул бицун букIана цо дир гьудул даргияс. Сергохъалаялда ХIамид ХIамидовасул гугариялъул турниралдаса тIад вуссунев Сайгидпаша ГIумаханов нуха регIизе рахъун руго даргиял. Нухда квана-гьекъезе чIараб бакIалда Сергохъалаялъул бетIерас кечI ахIулей Кагироваги йихьизаюн гьикъун буго ГIумахановасда гьайищ лъикIай йигей нужер аваразул кочIохъабийищан. Сайгидпашаца абун буго: «Гьейги лъикIай йиго, амма искусствоялдаги, гIелмуялдаги, спорталдаги нуж аваралгун къеркьоге, гьеб нужер пишаги гуро, гьеб рахъалъ нужер жоги кколаро» -ян.

Даргиязул бетIерас гьаб сагIат бихьизабилагури дуда кколеб куц абун Кагирова тIамун йиго авар мацIалда «Биччан те, МухIамад…» ахIизе. Гьелдаса разилъарав ГIумахановас ахIун жиндир кумекчигун амру кьун буго гьеб кочIолъ бугеб щибаб хIарп рикIкIун азарго гъурущ гIарац кье кочIохъаналъеян. Нусазарго гъурщиде гIагарараб гIарац щун буго Кагировалъе кочIохъ.

Сайгидпаша арабго Кагировалъ питна бухъун буго даргиязе, авараз хIарп рикIкIун азарго гъурущ кьолеб бугин, нужеца кида кьелебин.) Кагировалда хадур иргаялда цере рачIана доб сордоялъ щибаб миллаталъул культураялъул хIаркатчагIи. «Лезгинка» ансамблалъ битIахъе кверде босана зал. Сценаялдаса бихьизабулеб букIана Фазул гIумру ва нахъа тараб нух бихьизабулел фотоальбомал ва фильмал. Амма гьадаб даргиялъ авар мацIалда ахIараб кочIоца гIадаб асар хутIанщинаб жоялъ гьабичIо.

Адалло хвана (м.ч), Фазу унтун йиго, къо бахъанагIан дагьлъулел руго рекIее асар гьабулел сардалги, гIадамалги. Цо-цо гьединал ракIалдещвеял кагътиде росула, лъалезе бицуна, бицунелъухъ гIенеккизеги, хъвараб цIализеги чи ватуларебги бачIунеб букIун буго заман. Батила гьенибги Аллагьасул цо хIисаб. Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG