МагъчIваялъе рес

Бортараб аэропланалда дагъиcтаниялги рукIана


Хварай Диана эмен МахIамаднаби СалахIбеговгун
Хварай Диана эмен МахIамаднаби СалахIбеговгун

Египеталдаса Санкт-Петербургалде бачIунаго гъоркье бортараб аэропланалда Дагъистаналдаса гIадамал рукIанин хъвалеб гьечIо официалияб куцалда.

Амма гьабсагIаталда Саратов мухъалда гIумру гьабулев СагIид-амин МикагIиловас ЭР-ялъе бицана гьенир хванин Дагъистаналдаса жиндир гьалмагъ Наби СалахIбеговасул лъималги – 2001-2006 соназда гьарурал Даниял ва Диана.

Гьезул эмен Тарумовка мухъалъул Ново-Георгиевка росулъа кколев вуго.

СагIид-амин МикагIиловасда ккара-таралъул тохлъукьего лъан буго. Интернеталдасан гьесухъе хъван бачIун буго лъимерлъи Ново-Георгиевкаялда арав, гьабсагIаталда Армавиралда гIумру гьабулев Николай Курьяновас.

СагIид-амин МикагIилов: «Набил хъизан хванилан хъван бачIана Николайица. Гьев Наби армиялдаса хадув доваго, Санкт-Петербургалдаго чIун, цIалун, цинги хъизан гьабун вукIун вугоха. Гьесул гьев вас Даниял спортсмен вукIун вуго. Инстаграммалда рихьана гьесул суратал. Лъимал эбел-инсуда цадахъ ун рукIун гьечIо Египеталде, гьезул кIудияй эбелгун ун рукIун руго. Дида телевидениялдасан цо паркъун унев живго Набиги вихьана».

Ново-Георгиевкаялда гIагарлъухъ бугеб Кузнецовка росулъа Пари Мирзаевалъги тасдикъ гьабулеб буго гьеб хIужа.

Пари Мирзаева: «Ново-Георгиеваялда (нижеца гьелда Егоровкайинги абула) СалахIбеговазул хъвай-хъвагIай гьечIин абуна росдал администрациялъул секретаралъ. Цо заманалда Романовкаялда букIанила гъозул хъизан гIумру гьабун. Гьанже Санкт-Петербургалда рагIула. Цинги гьенисан росун путевкабигун ритIун рукIун ругоха гьез гьел лъимал хIухьбахъизе. Гьенисан тIадруссунаго рещтIун буго гьезда тIад гьеб балагь. Аллагь гурхIаги киназдаго».

31 октябралъул радал Египеталдаса Санкт-Петербургалде тIадбуссунеб букIараб «Когалымавиа» компаниялъул аэроплан бортана Синаялъул бащдаб чIинкIиллъиялда. ГIадамазе ккараб заралалъул рахъалъ Россиялъул авиациялъул тарихалда бищунго кIудияб авиакатастрофалъун рикIкIуна гьеб. Щайин абуни гьеб катастрофаялъулъ гIумруялдаса ватIалъана 224 чи (гьезда гьоркьоб - 24 лъимер).

Цин хабар букIана ункъо чи чIаго хутIун рагIулин. Амма хадуб гьеб унлъичIо.

XS
SM
MD
LG