МагъчIваялъе рес

Бортараб аэропланалда рукIун руго Дагъистаналъул кьалбал ругел лъималги


Россиялъул президент Владимир Путиница зигара бана Мисралда аэроплан бортун, жидер гIага-божарал камуразда.

Мисралъул Шарм эш-Шейхалдаса Петербургалде унеб «Кагалымавиа» авиакомпаниялъул аэробус бортиялъул хIасилалда хвана 224 чи. Аслияб къагIидаялда гьел кколел руго Россиялъул гражаданал. Гьезда гъорлъ рукIун ругIула Дагъистаналъул кьалбал ругел кIиго лъимерги.

XS
SM
MD
LG