МагъчIваялъе рес

"ЛъагIалил инсан" ва унеб нух лъалареб инсаният


Поэтасул рагIаби рукIана: "Дун къулун хьвадеян абулев гуро, гали цебе лъезе хIинкъарав гуро, диеги бокьула гъугъайгун пири, панаяб августалъ чваххун балеб цIад..." - абурал. Каранлъ ракI гьалдолеб, "махIу беканиги галадулареб" гIолохъанлъуда гIун вачIунев чи чилъун лъугьиналъул тIоцересел гIаламатал руго цониги халкъалъ кIвар буссинабулеб иш гьаби. Хасго магIарулазда гьоркьоб кидаго ссиялда букIана бахIарчилъи.

Чабхъадалъун бугониги, цогидазда кIоларел ишаздалъун бугониги, рагъ - кьалалъулъ бугониги гIужде щварав гIолохъанчияс социалияб статус щвезе ккани цо иш гьабизе ккола.

СССРалъул заманалда "захIматалъ берцин гьавула советияв инсан" абураб лозунгалда гъоркь хIалтIухъанасул, векьарахъанасул, гIалимчиясул, культураялъул ва искусствоялъул цевехъанасу цIар букIун батани, хадусел соназда иш гIаксалда ккана. Политикаялде ва жамгIияталъул нухмалъуде рачIана цIиял чагIи. Гьелги рачIана обкомалъул хIалтIухъабазулги, хIинкъараб интеллигенциялъулги жидерго кодобе нухмалъи босизе гIураб чIаголъи гьечIолъиялъ. ЧIобогояб бакI (вакуум) сунца бугониги цIезе кколаан. Гьеб цIуна киналго церехун къадалъ рекъоларел ганчIаца, къосарал, жагьилал, лъай щвечIел, хундерица абухъе, бищунго санагIат бахъарал ва бадие щайтIан кIущарал чагIаца.

Гьеб тайпаялъ рекъезабизе байбихьана гьаракьги бакъанги. Гьезул накъираялда гъоркь букIана къого соналъ кьурдулеб Дагъистан. Гьел рачлихъ тунчулги рарал, бидул махI бахъараб гIарацги бугел гIадамазде жамгIияталъул букIана батIи-батIияб бербалагьи. ТIоцересезе - бищунго гьагазе ва митингазул гIахьалчагIазе гьел рукIана миллиял бахIарзаллъун, церехъаби ва гучал, кутакал чагIи. КIабилезе - дагьалниги роцIцIарал чагIаз гьел тIубанго къабул гьарулароан ва цо-цо гьезул ишал ричIчIулаан ва ритIухъ гьарулаан рес къотIиялъ гьарурал гIадин.

Лъабабилеб халкъалъ кинабгIаги законалъул, шаргIаялъул ва гIаданлъиялъул гIурхъабаздаса къватIибе баккараб жо къабул гьабуларо ва гьезие цIиял чагIи руго рухIиял бегIукъал ва къосараб къавм. Гьеб лъабабилеб тайпаялда гъорлъе кколел чагIи руго нилъеда гъорлъ бищунго дагьал, цIакъго къанагIатал гIадамал. ГIадада гурелъул абулеб халкъалъ гьавулин цевехъан абун. Гьел дагь рукIиналъ ва гьурра бачунел ва танчил агьлу берцин бихьулел гIемер рукIиналъ рачIана цере дол 90 абилел соназул васалги. Гьел соназда цере рачIарал чагIазул цIакъ гIемерал чIвана - жалго жидецаго, пачалихъалъ, къисасаз ва цогидал шартIаз. Бахчун щай цо-цо мехалда хIурмат гьабизецин бачIуна гьезул бахIарчиял ишазухъ гьел моралалъул ва гIакълуялъул нухдаса кьурарал ругониги. Нилъеда гIадатияб халкъалда цебе букIана захIматаб суал церехъаби рищулаго.

Цояб рахъалда - хIинкъарав, таваккал гьечIев, чияца къан цIцIулев гIалимчи, цогидаб рахъалда - хIинкъуларев, таваккалав чи, амма жагьилчи ва такъсирчи. КIиабилез тIоцерсезухъа бахъараб власть жакъа хIалица жиндирго кверщаликье бачунеб буго пачалихъалъ. Рачлихъ тунчул рарал васал дагь - дагь ккун унел руго нахъе. Щибаб жоялъул авал ва ахир букIунеб гIадин ахиралде бачIана гьезул заманалъул нухмалъиги.

Гьел хIалтIизе ккола я цIияб къагIидаялда, ялъуни ине кколел руго нахъе. Гьел шартIазда рекъечIел цоял жанир тIамуна, цоял къватIире ана (улка тун). ХIасил калам, ботаниказулги бандитазулги къарну ана. Щалха рачIунел ругел гьел хисун? РачIунел руго гьумер, кьер, бетIер, бихьинчилъи щибниги гьечIеб, кьурараб рахъалде гьетIулеб хIедул гьабураб агьлу.

Гьезухъе гьечIо я коммунистазул бетIергун иш лъай ва рацIцIалъи, я 90 абилел соназул гIолохъбазул ракI ва таваккалги. Хер бугеб бакI балагьун кваназе унеб боцIуда гIадин лъалеб буго лъида аскIор эхетани ва кинаб къуваталъе хъулухъ гьабуни чед щолебали.

Гьениб хIажалъулеб буго хIелхIел, цIекIлъи ва тIадагьлъи. Пуланав чиясул кумекчи, гIакълучи, гIакълучиясул кумекчи, кумекчиясул гIакълучиясул заместитель абурал гIадал статусазда власть кодосезе хъулухъ, хIел-кIеч гьабун чIараб къапила бачунеб буго цебе. ХIажат гьечIо жидерго пикруги, гIакълуги, бихьинчилъи, къадруги бугел гIолохъаби. Гьезие бакI гьечIо цIияб гIумруялъулъ ва нухмалъиялъулъ.

Щал нилъер республикаялъул букIинисеб ва политикияб элита абураб суалалъе бищунго мухIканаб жаваб бачIунеб буго цо гьеб тайпаялъул цевехъанас интернеталда лъазабураб "ЛъагIалил инсан" абурал къецаз. Гьениб тIоцебесеб бакIалде рачIун руго 99 процент халкъалда щалали лъаларел жамгIиял хIаракатчагIи ва журналистал. Гьел щивав чиясда жиндие гьаракь кьеян гьардон хитIабал гьарун. Гьалъ сундулха бицунеб бугеб?

Гьелъ бицунеб буго совет пачалихъалъул лъикIаб лъайгун рацIцIалъиги, 90 абилезул къвакIигун таваккалги хисун тIалъи босулеб буго хIинкъиялъ, хIелхIелалъ, цIекIлъиялъ ва тIадагьлъиялъ. Гьелда релълъарал рукIинарищ хIасилалги? Лъица гьеб гIалмалда бичIчIизабилеб? Кин тIамилев инсан къимат гьабизе хасаб гьунаралъул, инжитаб хIалалъ балагьараб боцIул ва цIаралъул бакIалда. Хабар лъикIаб рагIайги!

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG