МагъчIваялъе рес

Мисиралда авиакатастрофалъул цIех-рех унеб буго


Мисиралда Россиялъул авиалайнер бортун букIиналъе ккарал гIиллаби ратизе рес гьечIо, чIегIерал ящикал абурал хасал алатазул цIех-рех гьабичIони, ян лъазабуна Мисиралъул цIех-рехчагIаз.

Гьеб улкаялъул премьер-министр Шериф ИсмагIилица абуна, авиалайнер ракьалдаса кьвагьизабизе рес букIинчIин. Гьеб авиалайнер жидеца кьвагьизабунин, лъазабулеб букIана гьеб улкаялда бугеб исламияб экстремистикияб цо къукъаялъ

Шарм аш-Шейхалдаса Петербургалде боржун унеб букIараб авиалайнералда рекIарав 217 пассажир гIумруялдаса ватIалъана. Гьезда гъорлъ 17. Россиялъул президент Владимир Путиница премьер-министр Дмитрий Медведевасда тIад къана хасаб комиссия гIуцIун катастрофаялъул кинабго мухIканлъи лъазабизе. ТIоцебесеб ноябрь Россиялда лъазабун буго чIегIер баялъул къолъун.

Рехсараб катастрофалъул цIех-рех гьабулеб халкъаздагьоркьосеб комиссиялъ жиндирго хIалтIи байбихьана Мисиралда гьатIан къоялъ.

XS
SM
MD
LG