МагъчIваялъе рес

22 мигрант Эгей ралъдалъ гъанкъана


Грециялъул Эгей ралъдал рагIаллъиялда аскIоб рузман къоялъ ралъдалъ 22 мигрант гъанкъун вуго. Гьезда гъорлъ 13 лъимерги. Цо гама бегана Калимнос чIинкIиллътялда, кIиабилебги – Родос чIинкIиллъиялда аскIоб. ХвасарчагIазда кIвана 144 чи хвасар гьавизе.

Исана Грециялде гIаммаб къадаралда щунусиялда лъабкъоялда анцIазаргогIан мигрант вачIун вуго Евроцолъиялъул улкабазда гIумру гьабизелъун.

XS
SM
MD
LG