МагъчIваялъе рес

Россиялъул авиалайнер бортана Мисиралда


Петербургалъул аэропорт. Хварал пассажиразул гIодулел гIага-божарал. 2015 соналъул 31 октябрь.
Петербургалъул аэропорт. Хварал пассажиразул гIодулел гIага-божарал. 2015 соналъул 31 октябрь.

Мисиралда бортараб Россиялъул авиалайнер жидеца кьвагьизабунин, лъазабулеб буго гьеб улкаялда бугеб исламияб экстремистикияб цо къукъаялъ, ян лъазабулеб буго Рейтер агентлъиялъ. Амма Мисиралъул хасал хъулухъаз катастрофа ккун, хъващтIан лъазабуна цебеккунго гьабураб хIасилалда гьеб теракт букIинчIин.

Шарм аш-Шейхалдаса Петербургалде боржун унеб букIараб авиалайнералда рекIарав 217 пассажир гIумруялдаса ватIалъана. Гьезда гъорлъ 17 лъимер ва экипажалъул анкьго чи. Россиялъул президент Владимир Путиница премьер-министр Дмитрий Медведевасда тIад къана хасаб комиссия гIуцIун катастрофаялъул кинабго мухIканлъи лъазабизе. ТIоцебесеб ноябрь Россиялда лъазабун буго чIегIер баялъул къолъун.

XS
SM
MD
LG