МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял Сириялде сунца цIалел ругел?


Казахстаналдаса лъутун Туркиялдасан Сириялде росасе арай цо ясалъул документ. ГIолохъабиго гIадин Сириялде гIолохъанруччабиги руго унел. Аслияб куцалда гьел унел руго дора рагъулел гIолохъабазухъ "рокьи ккун".
Казахстаналдаса лъутун Туркиялдасан Сириялде росасе арай цо ясалъул документ. ГIолохъабиго гIадин Сириялде гIолохъанруччабиги руго унел. Аслияб куцалда гьел унел руго дора рагъулел гIолохъабазухъ "рокьи ккун".

Дагъистаналдаса Сириялде рагъизе гIолохъаби республикаялда гIадамал хIалтIиги гьечIого хутIиялъ унин абураб пикру рагIизе бегьула прессаялдасан. Масала, гьанжегIагар гьадинаб пикру загьир гьабуна интернеталдасан Дагъистаналдаса политолог Эдуард Уразаевасги.

Амма гьелда дагIба бала республикаялда цо-цо экспертаз. Щайин абуни Дагъистаналда рукIана хIужаби рес бугел хъизаналдаса лъимал доре аралги. Гьединго машгьурал спортсменал иналъулгицин хабар букIана цо заманалда.

Гьелъие гIиллаби батIи-батIиял рукIине бегьулин рикIкIунеб буго адвокат НурмухIамад МухIамадовас, амма бищунго кIудияб гIилла батилила Россиялда гьелъул жиндирго конституция цIунунгутIи.

НурмухIамад МухIамадов: «ГIиллаби батIи-батIиял рукIинарищха – социалиял, жамгIиял, хадубккунисеб гIумрудулъ перспектива бихьунгутIи. Гьединго дида ккола аслияб гIиллалъун нилъеда сверухъ бугеб гIумрудул ритIухълъи гьечIолъиги батилилан.

Нилъер гьаниб, Дагъистаналда, ва Россиялда букIине кколеб куцалда Россиялъул конституция хIалтIулеб букIарабани, Сириялде гIаданги инароанин кколаха дида. Россиялъул къанун цIунун хьвадулел рукIаралани гIадатиял гIадамалги хIукуматалъул чагIиги, доре унел чагIи кутакалда дагьлъилаан.

ГIолилазда бихьулеб буго гали бахъа-бахъаралъуб хIукуматалъул хъулухъчагIаз жидецаго гьеб конституция малакьан биччалеб букIинги, ритIухълъи гьечIолъиги, тIекълъи къуваталда букIинги. Гьединлъидал добаниги батилародайин гьеб ритIухълъиян ракIалдеги ккунги унел ратила гьел гIолохъаби».

НурмухIамад МухIамадовасулалдаса батIияб пикру буго гIолилалгун цадахъ жамгIияб хIалтIи гьабулеб «Вацлъи» абулеб гIуцIиялъул вакил ИсмагIил Таймасхановасул.

ИсмагIил Таймасханов: «Цо-цо бакIалда хъвавухъе, Дагъистаналдаса Сириялде рагъизе гIолохъаби республикаялда гIадамал хIалтIиги гьечIого хутIиялъ унин абураб пикру дица мекъаблъун рикIкIуна. Щайин абуни Дагъистаналда кигIанги гIемер буго хIалтIи. БатIи-батIияб хIалтIи гьабизе къватIир пачалихъаздаса республикаялде рачIунезул къадар кIиазарго чиясде бахун буго.

Гьединлъидал хIалтIи гьечIого хутIун унел ругин рагъизе Сириялдеян дица абиларо. Гьедин унел ратанигицин, рагъда гIахьаллъи гьабизе, инсанасул би гIодоб тIезе ин - битIараб жойилан кинха гьеб рикIкIинеб?

Дир пикруялда, гьел уна гьенире - къватIиса пачалихъаздаса рачIарал рукIа, жанисел рукIа – ялъуни гIарцуе гIоло, яги пачалихъияб тIалъи босизе къеркьолел гIадамаца жидерго хьулал тIуразе къваригIун тIамун рагъизе.

Цойгиги, гьенир рагъаралъухъ гIарац щолиланги аби бугоха. Амма гьенисан бачIараб гIарцуца бечелъун, гьелдаса воххарав чи Дагъистаналда вугищали вихьизе диегоги бокьилаан, гьединав чи гьанив гьечIоха».

Дагъистаналдаса Сириялде рагъизе арал гIолохъабазул къадар жеги мухIканаб гьечIо. Цо-цо баяназда рекъон, ункънусидаса анкьнусиде щвезегIан чи.

Гьединго тIолабго Россиялдаса гьенире аразул рахъалъ батIи-батIиял руго полициялъулгун хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул баяналги.

Масала, Россиялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцев сентябралда лъазабун букIана «Исламияб Пачалихъ» абураб гIуцIиялда гъорлъ вагъулев кIиазариде гIагарун россиялъулав вугилан. ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул директор хисулев Смирновас лъазабун букIана гьединал чагIазул къадар азаридаса ун бугилан.

Россиягун цадахъ рекъон хIалтIулел улкабазул цолъиялъул данделъиялда президент Владимир Путиница абун букIана Россиялдасаги цере гьелда гъорлъ рукIарал республикабаздасаги 5-7 азарго чи вугин гьабсагIаталда Сириялда вагъулев.

Рагъулезулго гIадин, гьенир чIваразул къадарги мухIканаб гьечIо. Масала, прессаялда рехсолеб буго 200-де гIагарун чи чIванилан.

ГIолохъабиго гIадин Сириялде гIолохъанруччабиги руго унел. Аслияб куцалда гьел унел руго дора рагъулел гIолохъабазухъ рокьи ккун. ЭР-сан жиндирго цIар бицине бокьичIей гIаданалъ бицана бащдаб лъагIалица цебе МахIачхъалаялда аскIоб бугеб росулъ ккараб гьединаб хIужаялъул.

КъваригIелалъ шагьаралде арай цо гIолохъанчIужу къаси мехалъ рокъое ячIун гьечIо, гьеб мехалда ахIи базе лъугьарал эбел-инсуда батун буго хъван лъураб ясалъул кагъат. Жий росасе анин, ГIабдула бугин гьесда цIарилан хъван букIун буго гьениб.

Цинги эбел-инсуда бичIчIун буго гьей ахирги Сириялде ун ятулейлъи. Щайин абуни тIагIине цо чанго моцI хутIидал, гIарабазул къагIидаялъ ретIа-къазе лъугьун йикIун йиго дой яс, гьеб ретIелги бецIаб букIун буго.

Гьединго къасилъи-къадлъи гьечIого телефонги кодоб ккун йикIуней йигилан, инсуца гьелъухъаги босун гIодоб речIчIун букIун буго гьелъул телефон. Гьеб мехалда цогидазухъа босун телефонгун кIалъалей йикIун йиго гьей. Гьединго цееккунго тукабазде ун, бахIаралъул гIадаб къайи босун, хIадурлъулей йикIун йиго гьей яс. Амма лъиданиги щибниги бицунеб букIун гьечIо.

Хадуб цIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъабаз лъазабун бугоан гьей яс Сириялде Туркиялдасан, Туркиялде – МахIачхъалаялъул аэропорталдасан арайлъи.

Аслияб куцалда гIемерисезул маршрут Дагъистаналдаса Сириялде гьединаб бугин абула.

XS
SM
MD
LG