Гуржистаналъул пачалихъияб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ Украиналъул хасал хъулухъаздехун буссун, гьарулеб буго Одесса икълималъул администрациялъул бетIер Михаил Саакашвилица Гуржистаналде данде гьарулел ишал гIадахъ росеян абун. Гьалкъояз украиналъул цо сайталда загьирабун буго аудио хъвайхъвагIай. Гуржистаналъул экс-президент Михаил Саакашвилица «Рустави-2» абулеб оппозиционияб телеканалалъул генералияв директорасе ва Гуржистаналъул миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъул вукIарав секретарасе гIакълу кьолеб буго, нагагьлъун телеканалалъул тIалъи хисани, революционияб сценарий хIалтIизабиян абун.