МагъчIваялъе рес

Джош Эрнест: ЦIияб цIорораб рагъ букIине гьечIо


Цолъарал Штатазул тIадтараз лъазабулеб буго жидехъ информация бугин Сириялда Россиялъул авиациялъ гьарурал гьужумазул хIасилалда ракълилал гIадамалги чIван ругин абун. Гьадин лъазабуна Америкалъул пачалихъияб департаменталъ 29 октябралда.

Дагьалъ цере инсанасул ихтиярал цIунулел хIаракатчагIазги лъазабун букIана Россиялъул авиациялъ азарханабазде гьужумал гьарун рукIанин ва дора ругел гIадамал чIванин. Масала Идлиб шагьаралда бугеб Америкалъулгун Сириялъул азарханаялде россиялъул аэропланалъ ракетияб кьаби гьабун, 13 чи чIванин, лъазабуна Лондоналда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъ.

Москваялъ гьеб нахъ чIвалеб буго ва тIалаб гьабулеб буго гьединал хIужаби документалияб къагIидаялда ритIухъ гьаре.

ХъахIаб рукъалъул пресс-секретарь Джош Эрнестица лъазабуна, Сириялда конфликт хIалуцинабун букIиналъ Цолъарал Штатазда ва Россиялда гьоркьоб цIияб цIорораб рагъ багъаризабизе гьечIин.

XS
SM
MD
LG