МагъчIваялъе рес

Белоруссиялъе лъазарурал санкциял заманалъ нахъ чIван руго


Евроцолъиялъ заманалъ чIезаруна Белоруссиялъул президент Александр Лукошенкое ва цо-цо белоруссиязул кампаниязе данде лъазарурал санкциязул хIалтIи. Евроцолъиялъул официалияб журналалда абун буго гьеб хIукму хIалтIизабизе бугин 2016 соналъул 29 февраль щвезегIан.

Церего лъазарурал санкциязда рекъон 170 официалияв хъулухъчиясе гьукъун буго Европаялде рачIине. Америкалъул кампаниязе изну кьун буго санкциязул сияхIалда рехсарал белоруссиялъул компаниязулгун цадахъаб хIалтIи гьабизе.

XS
SM
MD
LG