Комунист Партиялъул рахъалъан Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутат Валерий Рашкиница Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялдаса тIалаб гьабулеб буго Сириялда мухьдахъ аскарияб хъулухъ гьабулев вукIарав Вадим Костенко чIваялъул мухIканаб цIех-рех гьаби.
Министерлъиялъул официалияб версия – Костенкоца живго жинцаго чIвай. Амма солдатасул гIага-божарал ва блоггерал гьелда божулел гьечIо.