МагъчIваялъе рес

Чехиялда тIоритIана мигрантазде данде гIуцIарал демонстрацияби


ГьатIан къоялъ Чехиялъул цо-цо шагьаразда тIоритIана мигрантазде данде гIуцIарал демонстрацияби. Бищун кIудияб демонстрация букIана Брно шагьаралда. Гьениб азаралда щунусгогIан чи вачIун, ахIдолаан – «Исламияб чабхъен нахъе яре!»- «Германиялъул диктатуралъе йохъилан абе!» - «Европаялъе гьабулеб исламизациялъе ахир лъеян» абурал ва гьелда релъарал цогидал игIланал.

XS
SM
MD
LG