МагъчIваялъе рес

Спикерасул, инсуца васухъе кьолел мандатазул ва цогидалъул


Хамиз къоялъ тIобитIараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда иргадулаб сессия абизе рекъон бихьуларо. Щай гурелъул гьел сессиязул «иргадулаб» абураб рагIи хвезабун букIана риидалил каникулаздаса нахъе «виларав» спикер Хизри ШихсагIидов сессиялде вачIиналъ. Сессиялда гIахьаллъана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги.

Хизри ШихсагIидов вертолетги бачIун вас вачун аралдаса дагьабго заманаялъ политикияб аренаялдаса тIагIун вукIана. Киназдего гIагарун СМИяз хъвалеб букIана цояз анин ШихсагIидов нахъе, цогидаз унев вугин абун, гIицIго нижеца кьун букIана макъала гIаммаб анализги гьабун «Неудобно букIун Хизри нахъе унаро» абураб цIаралда гъоркь.

Гьедин ккезеги ккана, щай гурелъул Дагъистаналда власталда ругел цо-цо чагIазулги гIадатияб халкъалъулги дунял бичIчIи ва «понятиял» абурал жал батIи-батIиял рукIун. Гьелъ инеги инчIо Хизри, гьелъул гIаксалда тIадеги щулалъана гьев политикаялъулъ.

ТIоцебесеб иргаялда «Взгляд» газеталъе Рамазан ГIабдулатIиповас кьураб интеревьюялда гьес абуна Хизри жиндир гьудул вугин ва хвезегIан цадахъ рукIине ругин абун. КIиабизе – МахIачхъалаялдаги, Дербенталдаги цогидал шагьараздаги мэрлъун унел чагIи гьес рихьизарулел руго «Единая Россия» партиялъул секретарь хIисабалда ва ГIабдулатIиповасул пикру щвезабулев чи хIисабалда, цо-цо мехалда гIицIго жиндир пикру гьеб бугеб гIадин бицунебги рагIана.

Масала, дихъе щварал баяназда МахIачхъалаялъул горсобраниялде рихьизарурал депутатазул киназдего гIагарун чагIи Хизри ШихсагIидовасул ва ГIабдулмуъмин Ибрагьимовасулин абулелги руго. Гьел ГIабдулатIиповас тIамурал чагIи ругин цояз, гьечIин жидерго политика гьабулел ругин цогидаз абулебги рагIана. ХIакъикъат тIубанго нилъеда лъаларо.

Лъалеб жо буго Хизри ШихсагIидов кинаб власть бачIаниги тIалъиялъул чода хутIулев вукIин. Гьаб сагIаталда гIадин кIудияб власть гьесул киданиги букIинчIин абулелги руго. Гьеб лъикIищ квешищали дида лъаларо, амма иш гьедин букIин нилъее хIакъаб жо буго политикияб ахIвал-хIалалде балагьун. Гьеле гьев «нахъе инчIев» спикерас сессиялда рагIиги кьун иргаялда цере рахъулел рукIана партиязул вакилзаби.

Докладал рукIана чIамучIал, гIемерисел рукIана докладалъе гIоло гьарулел докладал. ЦохIо хутIараздаса батIияб жо абулев чи вукIана гьенив коммунистазул рахъалдаса кIалъазе вахъарав ХIасанов МухIамад абурав чи.

Гьев киналго законазул проектазда данде кIалъазе вахъула, амма гьесда хадув унев чи вукIунаро. Дида аскIов сессиялда гIодов чIарав МухIамад АхIмадовас нижедаго гьоркьоб хабар ккедал кьуна гьесие цIакъ мухIканаб къимат. «Гьав ХIасанов вуго парламенталда дибирзабазда гъорлъ нилъер ИдрисхIажи гIадав чи» - ян.

ХIасил калам фракциязул цере рахъиналги лъугIун повесткаялъул тIоцебесеб суалалда тIаса цее яхъана Людмила Авшалумова. Гьелъул букIана гIадатияб гIадамал макьиххунеб гIадаб чIамучIаб суал. Амма чIамучIлъизе течIо гьеб…

ЦIияб хъулухъалде арал депутатазул бакIазда партиялъул сияхIазда ругел кIиабилел цIарал рехсолел рукIана щал депутаталлъун рачIунеллъи лъазе. Амма гьенире рачIунел цIаразулъ гIемер рагIарал гIадал фамилиял рагIарабго ГIабдулдатIиповас чIезаюна.

- Нужеца бице дида Казибеков абурав чи жакъасев ЖКХялъул министр гьев сияхIалда вугев Казибековасул щив кколев ва Уцумиев П.М. Гъизилюрталъул бетIер Уцумиевасе щивлъун кколев? – ин. Залалда сихIкъотIи лъугьана, Авшалумовалъ жаваб кьечIо. Лъицаялиго абуна гьел ругин министрасул ва мэрасул лъималин.

Нахъе рахъе гьел чагIи сияхIаздаса, нилъее цебего заман щвана гьел къагIидаби тезе. Инсуца сияхIалда лъимал хъван кьолел мандатал данде кколароян лъазабуна ГIабдулатIиповас. Хизри ШихсагIидов тIоцеве вуцIцIун чIана, хадубго хIалбихьи бугев политикас суал жиндихъего босана.

- Гьел чагIи сияхIазда церего, нилъ рачIинегIан хъван рукIун руго, Рамазан ХIажимурадович, гьел хисиялъул суал данд базе буго избиркомалъулгун, цо хIукумуялде рачIина, хIакъикъаталдаги рекъон гьечIо инсуца васасухъе мандат кьей – ян сихIирго бегизабуна Хизрица суал.

Лъалеб жо буго презиумалда гьоркьоб лъечIого повесткаялде гьеб суал бачIинчIеблъи. Гьеб бичIчIун батила ГIабдулатIиповасдаги, амма гьес рес кьуна парламенталъе гъалатI битIизе. БукIана сессиялда кIвар буссинабизе бегьулеб гIадаб суал ракьул законалда хурхунги. Иргадулал макъалабазда гIатIидго бицина. Сон ФОМСалъул кIудиявлъун тарав МухIамад Сулиманов (Моряк) рази-ракиго тирулев вукIана залалда сессия байбихьилелде, кверал росулел чагIиги цIикIкIун ругоан гьесул. Финансазул министерлъиялдаса арав ГIали Исламовги вачIун вугоан Счетная Палатаялъул аудиторлъун тIамизе.

Повесткаялда букIараб 36 законалъул проекталъе кьуричIого 76 депутатас гьаракь кьолеб букIана, 2 чи вукIана данде чIарав. Гьедин бихьизабулеб букIана балъгояб гьаркь кьеялъулъ таблоялда. Щал гьел рукIаралали лъаларо, лъалеллъи лъани гьезги кьелароанин абулеб букIана дида аскIов вугев цо чияс. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG