Гьале щуабилеб соналъ тIатIала дунялалда интернеталъул эркенлъиялъул ахIвал-хIал квещлъулеб буго, ян лъазабуна жиндирго ахирисеб докладалда
Freedom House абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ арбагI къоялъ загьирабураб жиндирго иргадулаб докладалда. ЦIех-рех гьабулаго, гIадахъ босун букIана 65 улка. Бищун квещаб ахIвал-хIал бугин Китаялда, Сириялда ва Ираналда.
Россия, Белоруссия, Узбекистан, Казахстан, Иран ва Пакистан рикIкIула эркенаб гуреб интернет бугел улкабилъун. Цензура гьабулеб бугин аслияб къагIидаялда квершел какулел материалазе, ян лъазабуна докладалъул автораз.