МагъчIваялъе рес

Сириялда чIварав Россиялъул солдат вукъун вуго


Россиялъул бетIераб рагъулаб прокуротуроялъ цIех-рех гьабулеб буго Сириялда мухьдахъ аскарияб хъулухъ гьабулев вукIарав Вадим Костенкол хвелялъул. ТАСС-агентлъиялъ рехсараб идараялъул баяналда мугъчIвай гьабун, лъазабуна, хвелалъе гIиллалъун ккун бугин Костенкоца живго жинцаго чIвайилан. Гьадинаб хIасил гьабунин диваналъулгун-медицинияб экспертизаялъ.

Амма блоггерал ва Костенкол гьалмагъзаби гьелда божулеб гьечIо. Гьезул баяназда рекъон, командираз байбихьуда абунин Костенкоца живго жинцаго кваралъ гъанкъанин, хадуб гьез абуна, гьев цин гъанкъун, цинги речIчIун чIванин.

Вадим Костенкол жаназа Сириялдаса Краснодар икълималъул Гречная Балка абулеб росулъ букъун буго арбагI къоялъ.

XS
SM
MD
LG