МагъчIваялъе рес

Америка хIадураб буго Сириялда ракьул операция байбихьизе


Цолъарал Штатазул тIадтараз лъазабуна жал хIадурал ругин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде ГIиракъалда ва Сириялда ракьул рагъулаб операция байбихьизе.

Талат къоялъ Сенаталъул яргъид гIуцIарал къуватазул комиссиялда цеве вахъун, Пентагоналъул бетIер Эштон Картерица абуна, Америкалъул аскариял хIадурал ругин гьавадул гьужумал жеги кьварараб къагIидаялда гьаризе ва ракьул операциял тIобитIизе.

XS
SM
MD
LG