МагъчIваялъе рес

Джон Керрица Централияб Азиялде сапар бухьизехъин буго


Америкалъул Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Централияб Азиялде сапар бухьизехъин буго гьенир ругел улкабазул къватIисел ишазул министрабазулгун кIалъа-басаял тIоритIизари мурадалда.

Бишкекалда гьес гIахьаллъи гьабила Америкалъул университеталъул кампус ва Цолъарал Штатазул вакиллъиялъул цIиял офисал рагьиялъул рохалилал тадбиразда.

Самаркандалда Централияб Азиялъул щуябго улкаялъул министрабазулгун гьес кIалъа-басаял тIоритIила кIвар цIикIкIарал суалалгун гьоркьор.

Астанаялда Джон Керри гIахьаллъила Цолъарал Штатазулгун-Казахстаналъул стратегикияб партнерлъиялъул диалогалда.

Гьев гьединго данделъизехъин вуго Тажикистаналъул ва Туркменистаналъул бутIрулгун.

XS
SM
MD
LG