МагъчIваялъе рес

Автомобилал чурулеб лъеца бетIербахъи гьабун


Гъизляралда гIумру гьабун ругел гIадамазул гIарз буго жал лъимги гьечIого хутIун ругилан. МоцIидасаги цIикIкIун заман бан буго гьезул рукъзабахъе лъим къотIаралдаса. ГIилла - лъим бачунел мухъал хун рукIин. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьезда абун буго нужецаго гIарацги бакIарун хисейин лъим бачунел рогIрал.

Рукъзабахъ гьекъезецин лъимги гьечIого хутIун руго Гъизляралъул Котовская абулеб къотIнор ругел гIадамал. Гьеб къотIноб бугеб минаялъур гIумру гьабун руго гIаммаб куцалда лъеберго гIанасев чи.

Гьале моцIгун бащадабниги мех банин жидер рукъзабахъе лъим къотIаралдасаян бицана гьезул цояй ГIалиева Анжелаца «Эркенлъи» радиоялъе. Гьанже жидеего хIажат тIубазе гьез лъим баччулеб буго гьезул рукъалда аскIоб бугеб автомобилал чурулеб бакIалдаса. Амма гьеб лъим бацIцIадаб букIиналда щаклъи бугин жидерилан абуна Анжелаца, жал хIинкъун ругин гьелдалъун жидерго лъимал унтизе гуриланги.

ГIалиева Анжела: «Шагьаралъул "Горводоканал" гIуцIиялъул нухмалъулесухъе гIарз бахъидал, лъел суал тIубазе бюджеталда бихьизабураб гIарац гьечIилан абула. Гьале сон-церекъад вачIун вукIана гьев, нужецаго гIарацги бакIарун лъейин лъел рогIороян вуго вахъунев. Гьединаб жойищ букIунеб?

КигIан бакIаризе кколебалиги лъаларо. Цин ункъазарго гъурущин абула, цинги микьазаргойин абула. Шагьаралъул администрациялъул бетIерасухъе инеянги рукIана ниж. ХIалтIулеб бакIалде риччалел гьечIо ниж, гьединлъидал гьесул рокъоре инилан рукIана.

Дагьалъ церегIан къояз кутакаб ахIи-хIурги гьабун, Гъизляралъул юбилей кIодо гьабуна. Гьелда тIад миллион гъурщал хвезаричIого, нижее лъим бачине щайдай гьеб гIарац биччазе бегьулеб букIинчIеб? Цойги жони бигьаяб жо, лъим гьечIого кин тIуралел гIадамал. АллагьасхIаги, яхI хун руго ниж, гьабилеб жоги лъаларого».

Гьединаб ахIвал-хIалалда гьоркьоб цоги бетIерунти щванин жидеде тIадеян абуна гьелъ хадубги. Лъим бачунел рогIрал хисизеянги абун, ракьги нахъе бухъун рукъалда цебе риидалалдаса нахъе лъугьун руго чанго гвендал. Гьел гвендазда жанире рортун жидерго гIисинал лъимал ккезе бегьулилан абураб пикруялъги бугила рахIат хвезабун.

ТIадехун ГIалиева Анжелаца бицухъе шагьаралъул нухмалъиялъ гьездехун щибниги миллат гьабулеб гьечIо. Бухьен гьабизеян лъугьаниги гьезухъа щибниги баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъеги.

Жидеда ракIалда бугин цоги нухалъги шагьаралъул нухмалъулесухъе инеян абуна гьелъ хадубги, гьебмехалъги гIинтIамичIони рази гьечIолъи загьир гьабураб акция лъазабунги, кинал рукIаниги тадбирал тIоритIичIого теларила жидеца.

Гьединабго гIунгIутIи букIана исана июль моцIалъ Хъумторхъала мухъалъул Алмало росулъги. Щибаб рии тIаде бачIингун букIунила жидер гьениб гьединаб ахIвал-хIалилан бицун букIана «Эркенлъи» радиоялъе гьений гIумру гьабун йигей Жаватханова ТIагьиратица бицухъе каки чуризецин лъим рокъоб гьечIого хутIараб мех букIунила жидер.

Алмало росдал нухмалъулесде гьелъул гIарз гьабида гьесги миллат гьабулеб гьечIила гьелъул. Амма гьелдаго цадахъ цо хасал чагIазе жидерго пастIаниб бекьараб нигIмат лъалъазецин щолеб букIанила гьеб лъим.

Гьекъолеб лъим сабаблъун дагьаб цебегIан азарханаялде ккун рукIана Дагъистаналъул Доргъели росулъа гьединго дагогни шагьаралдасаги гIадамал. ГIаммаб куцалда гьелъие гIиллалъун бихьизабун букIана гьекъолеб лъим бацIцIадаб гьечIолъи. Гьедин Дагогни шагьаралда 60 гIанасев чи гьединаб лъим сабаблъун гепатиталъ унтунги рукIана.

XS
SM
MD
LG