МагъчIваялъе рес

Депутат – гIорхъи тун къватIив, диваналъул хIукму – гьевги цеве гьечIого


Москваялъул Басманный диваналъ хисизабичIин Гъизляралдаса депутат ГIумар Асадулаевасда хурхун гьабураб хIукмуян лъазабуна гьесул адвокат Григорий Хацерновас. Гьеб диваналъ гьев заочно абулеб къагIидаялда туснахъ гьавун вуго. Амма живго депутатин абуни Россия тун къватIив вуго.

Гьеб ккола Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасдаги, Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасдаги хурхараб цIех-рехалъул цо бутIа.

Гъизляр мухъалдаса ГIумар Асадулаев гьабсагIаталда Россия тун къватIив вугин абулеб буго цIех-рехалъул идарабаз. Амма Москваялъул Басманный мухъалъул диваналъ гьев заочно абулеб къагIидаялъ туснахъ гьавун вуго. Гьединго гьеб хIукму къануналда данде кколеб куцалда гьабунин лъазабунин буго Москваялъул диваналъ.

Гъизляр мухъалъул «Вперед» абулеб магIишаталъул депутатлъун вукIарав ГIумар Асадулаев рикIкIунев вуго Дагъистаналъул Пенсиязул Фондалъул нухмалъиялда вукIарав Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса чилъун.

Гьединлъидал гьабсагIаталда Москваялда жанив тIамун вугев Гъизляр мухъалъул вукIарав нухмалъулев Андрей Виноградовасулгун пишацоявлъун гьавулев вуго цIех-рехалъул идарабаз Асадулаев. Гьел кIиязго квербакъанила терроралъул ишазе гIарац биччазе, гьединго къасд гьабунила къанун цIуниялъул идарабазул хIалтIухъан чIвазе.

Россиялъул ЦIех-рехалъул Комитеталъул баяназда рекъон, щаклъи буго 2010 соналда ккараб кIиго хIужаялдехун гьел лъабазулго хурхен букIиналда. Гьеб ккола экстремизмалдагун терроризмалда данде къеркьелъул рахъалъ гIуцIараб БутIаялъул нухмалъулев хисулев чIвайги, «Дагестангазсервис» абураб гIуцIиялъул Гъизляралда вукIарав нухмалъулев чIвайги.

Гьединлъидал Андрей Виноградов туснахъ гьавун вуго 2016 соналъул 8 январалде щвезегIан. Амма гьелдаса хадувги эркен гьавиларин къанун цIунулез гьевилан абураб пикру буго республикаялда.

Гьединго Гъизляралдаса депутат ГIумар Асадулаевго гIадин заочно туснахъ гьавун вуго дов цевехун рехсарав Пенсиязул Фондалъул вукIарав нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевги. Гьевги халкъалда гьоркьосеб цIех-рехалде кьун вуго Россиялъул цIех-рехчагIаз.

ПалхIасил, кидаяли церетIун унел рукIарал МуртазагIалиевгун Виноградов гьанже къанун цIунулезул кIичIикье ккеялъе гIилла политикияб тIадкъай бугин абуна ЭР-ялъе Сагид МуртазагIалиевасул рахIмуялъул фондалъул нухмалъулев АхIмадпаша ГIамирилаевас.

АхIмадпаша ГIамирилаев: «Гьедин буго гьеб. Гурони гьечIеб бакIалда гIадамазе проблемаби лъица гьарулел? Бищун лъикIав нухмалъулевин рикIкIунев вукIана Андрей Виноградов. Гьединго сверухълъиялда бищун лъикIаблъун букIана Дагъистаналъул Пенсиялъул Фонд. Гьединлъидал политикаги гъорлъе жубан, квекIенал ккана гьезул хIалтIулъ».

ЭР: «Нужер мухъалдаса депутат ГIумар Асадулаевасулги буго бицен, валагьулев вугилан».

АхIмадпаша ГIамирилаев: «Гьев гьениве гъорлъе (Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялде – ЭР) кин ккаравали дида бичIчIулебго гьечIо. Гьев гьедин политикаялда гъорлъ вукIарав чиги гуро. «Вперед» колхозалда депутатлъун вищарав чи вуго гьев. Гьедин хасал масъалабазул хIакъалъулъ администрациялдеги ваккулаан.

Ваккунин щибха гьабилеб гьанже, киналго цо къокъаялда гъорлъейищ хъвазе кколел, тIад бугьтаналги лъун? Дида лъаларо гьелъул магIна».

Сагид МуртазагIалиевасдаги гьесул сверухълъиялдасаги чагIаздаги аскIоб ахIи-хIур исана риидал бахъана.

Гъоркьанкьида «Взгляд» газеталъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Сагид МуртазагIалиевасул рахъалъ абуна хъулухъалъ хвезавунин гьев, Олимпиялъул хIаязул чемпион. Гьесда сверухълъи бацIцIадаб букIарабани, лъилниги тIадкIалъай гьечIев нухмалъулев вахъинавизе бегьулаанин МуртазагIалиевасул. Гьединаб чорокаб сверухълъи букIиналъ гIадада гьоркьор инарунин нилъеца 90 абилел соназда лъикIал гIолохъаби.

Гьединго прессаялда рукIана республикаялда парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасдехун Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса гIадамазул хурхен букIиналъул бицарал макъалабиги.

XS
SM
MD
LG