МагъчIваялъе рес

Советский мухъалъул полициялъул бетIер рокъов туснахъ гьавун вуго


Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул вакилзабаз ккун вуго жиндирго хIалтIухъан вухиялъухъ тIад такъсигьабиялъул иш рагьун хадуб, цIех-рехчагIаздаса вахчун вукIарав, МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бетIер Шакир ГIумаров. Диваналъ гьев моцIица рокъов туснахъ гьавун тезе хIукмуги къотIун буго.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе 14 сентябралда Шакир ГIумаровасдаги гьесул хIалтIухъанасдаги гьоркьоб квешаб кIалъай ккун буго. ГIумаровасдасан гIарза хъварав, низам цIунулес лъазабулеб буго жив полициялъул бутIаялъул азбаралъув, цойгидал хIалтIухъабазда цадахъ, такъсир гьабураб бакIалде цIех-рехалъулал тадбирал гьаризе ине хIадурулев вукIанила.

Гьеб мехалъ мун дурго хIалтIулеб бакIалда вукIинчIого гьаниб щиб гьабулев чийилан ахIдезе лъугьанила жиндиде гьев Шакир ГIумаров. ХIалтIи гьабизе ине вугин абун жинца жаваб кьедал, полициялъул минаялде жанивеги ахIун, гьениб чорокал, къабихIал рагIаби абун жив инжит гьавизе лъугьанин ГIумаров, гьелдаса хадуб гьурмалъ жоги кьабанила гьес жиндидайилан абулеб буго низам цIунулес. Жиндидехун Шакир ГIумаровасул гьединаб рокьукълъи бижиялъе гIилла лъаларин абулеб гьев гIарза хъварас.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан рагьун букIараб иш республикаялъул прокуратураялъул хIукмуялда рекъон къан букIана. Гьеб къаялъе ругел гIиллабиги мухIкан гьарулел рукIинчIо прокуратураялъ. Шакир ГIумаров гIемерал саназ жанисел ишазул идарабазда хIалтIарав чи вугелъул гьес прокуратураялде тIадецуй гьабун батилин абураб пикру букIана гьелда бан гIемерисезул.

Гьелдаса хадуб хасал идарабаз хал-шалги гьабун цIидасан 19 октябралда рагьана гьебго лъугьа-бахъиналда бан ГIумаровасда тIад такъсиргьабиялъул иш. ГIумаров цIех-рехчагIаздаса вахчарилев вукIиндал Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъги, ФСБялъги гьев 21 октябралдаса нахъе цIех-рехалде лъазавун вукIана. Гьебго къоялъ гьесул хIалтIулеб бакIалда чIухьги бан букIана хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз.

ГIадатияв чияс полициялъуласда кьабун букIарабани гьев рокъов туснахъ гьавун телароанин, къуваталъул идарабазул хIалтIухъанасде тIадекIанцIи гьабун бугинги абун жанив тIамилаанин гьев, ГIумаров щайин туснахъ гьавун тун вугевилан цехана «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-секретарь Расул Темирбековасда.

Гьединго гьесд цIехана ГIумаровас жиндирго хIалтIухъан вукIаниги гьев низам цIунулесда кьабун бугелъулин, гьесда тIад цохIо хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ щайин такъсирияб иш рагьун бугебиланги.

Расул Темибеков: «Гьев рокъов туснахъ гьавун тана щай гурелъул гьев вуго ригьалда вугев, хъизанги бугев чи. Гьесул полициялъул гIезегIан тIадегIанаб цIарги буго, гьев кинав ватаниги гъалмагъирчи гурелъул, полициялъул хIалтIухъан вукIин хIисабалдеги босун цIех-рех лъугIизегIан рокъов туснахъ гьавун тун вуго гьев.

Полициялъул хIалтIухъанасде тIадекIанцIи гьабунин гьесилан абизе ва къануналъул гьеб бутIаялда рекъон тIад иш гьабизе ккани, гьес батIаго кутакаб къагIидаялъ гурелъул жиндирго хIалтIухъан вухун вугев. Гьесда тIад цохIо хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ иш гьабун бугониги, къануналъул гьеб бутIаги жеги цойги бутIабазде бикьула.

Гьениб бихьизабун букIуна щибги гьабун гьев чияс хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босун бугебали. ГIумаровасда тIад гьабураб ишалда бихьизабун буго гьес чиясда кьабун бугин абун».

МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бетIер Шакир ГIумаров хъачIав, цеве-цевеги чанги гIорхъолъа арал ишал гьариялъул рахъалъ цIар арав чи вукIаниги гьесда тIасан низам цIунулез гIарзал хъван рукIун гьечIо. Гьес ва гьесул хIалтIухъабаз гьабулелдаса разигьечIез хъварал гIарзазулги хIасил ккечIин абизе бегьула.

Масала, 2011 соналда МухIарамкент мухъалъул Советское росулъ вагьабиязулин рикIкIунеб мажгиталд гIадамал рухун, мугжул рухIун, къунцI-къунцIун гIазаб кьолев вукIарав чи вугин Шакир ГIумаровги гьесул хIалтIухъабиги, чан чияс гьездасан гIарзал хъваниги гьел тамихIалде цIачIин абулеб буго «Черновик» газеталъул редактор Маирбег Агъаевас. Гьанже цо хIалтIухъанасул гьурмалъ жо банин абун гьебщинаб ахIи-хIур бахъинабулеб букIиналъе гIилла бугила, гьесул бакIалде цойги чиясе вачIине къваригIун букIин.

Маирбег Агъаев: «Шакир ГIумаровас, гьеб ишалъе гIоло, хъулухъ тезе ккезе буго. Гьев унголъун туснахъ гьавилин абураб жоялдаги дун божуларо, гьебги букIунареб жо буго. Гьев гурониги хIалтIухъабазда хъачIгоги кIалъалев, хIатта гьездаги кьабулевцин полициялъул тIадегIанал хъулухъазда вугев чанги чи вукIуна. ГьедигIан цIакъ гIадлъизе ккараб жо гуро гьеб.

ГIумаров данде кколарел чагIаз багъаризабураб жо буго гьеб. Гьесул гъалатIалдаса пайдаги босун гьев хъулухъалдаса реххиялъе гьабун буго гьеб кинабго. Гьес жиндирго хIалтIухъанасда кьаби цоязе цIакъ кутакалда санагIалъи бугеб рахъалде сверана, цойгидазе гьелъул гIаксалда».

Гьединго Маирбег Агъаевас рикIкIунеб буго кватIичIого Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъуда рукIине ругел хиса-басиязул заманалдаги гьаб сагIат вугев министр данде кколарез гьесда данде хIалтIизабизе бегьулила гьеб Шакир ГIумаровасда тIад гьабураб иш. ГIумаров кколев вуго гьев республикаялъул жанисел ишазул министрасул божарав чи.

XS
SM
MD
LG