Япониялъул премьер-министр Синдзо Абэца Астанаялда 27 октябралда Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевгун букIараб данделъиялдаса нахъе журналистазде лъазабуна, жиндир хIукуматалъ Казахстаналъе церетIурал технологияби кьезехъин ругин гьениб тIоцебесеб атомияб станция баялъе.
Гьес гьединго абуна кIиябго улкаялъ гъулбасал лъунин атомияб яргъил хIалбихьи гьукъиялда хурхараб къотIи-къаялда гъоркь. Япониялги Казахстаналъги 10 цадахъаб проекталда тIад хIалтIи гьабизехъин бугин. Гьел проектазул багьа 700 миллион долларалде бахунеб бугин.