МагъчIваялъе рес

Къварилъиялда хадуб гIатIилъи камуларо


ГIурусазул аби буго «Нет худа без добра» абураб. Гьеб кколеб буго цониги квешлъи букIунарин ракьалда жиб сабаблъун хадуб лъикIлъи хъвалареб абураб. МагIарулаца абула: «Къварилъиялда хадуб гIатIилъи камуларо», — ян. Гьел рагIабазулги буго гьадабго магIна, амма гьел абун руго магIарулаца. Къварилъиялда хадуб гIатIилъи камуларебго гIадин, къварилъиялда цебеги букIунеб букIун буго гьеб гIатIилъи. Хиса-хисун бачIунелъул кинабго.

Цебе гIатIилъи букIинчIебани, нилъеда хадуб бачIараб жо къварилъи букIин лъалароан. ЦIакъго цебегосеб заманалъул бицинарин, СССРалъул заман хисун хадур «хIабургъарал 90-абилел» абурал соназда нилъеца гьоркьоса къотIичIого бицунеб букIана цебе букIараб гIорцIараб, парахатаб заманалъул ва нилъеда тIаде бачIараб балагьалъул.

Гьеб букIана доб гIатIилъи хисун бачIараб къварилъи. 80-абилел соназул ахиралда пачалихъалда бищунго гIадатиялниги шартIал чIезаризе кIоларого чIегIерал къоял чIун рукIана.

Хасго лъикI дол сонал ракIалде щвезарула доб заманалъул газет-журналазда хъварал макъалабаз ва телепередачабаца. РакIалда руго 90 абилел соназда магIарул газеталда жаниб букIараб «Бахьикъос» абураб сатираялъул гьумералда бахъараб карикатура ва кочIол мухъал. ХъахIабросулъа МахIмудица жиндие хиянатлъарай гьудулалде хъварал мухъал базар-тукабазда бичун босизе щолареб чакриде сверизарун рукIана гIолохъабаца:

«Базар къанагIатал къоял рачIиндал,

Исана ихдаде хиралъана мун.

Къаде нахъе лъала дуда дармил хIал

Духъ балагьулев чи чан вукIунищан…»

ГIемерал кучIдул рукIана кризис, Горбачев, Ельцин, гьезул нухмалъуда цадахъ рачIарал «демократия», «ваучерал», «приватизация», Гайдар, Чубайс гIадал бахIарзал какун. Хасго гьужумал рукIана улкаялъул къираласул къайицадахъай, тIоцеесей леди Раиса Горбачевалде ва живго генсекасде.

ГьаракIуниса Занирхазазица Горбачевасухъе хъвараб кагътида рукIана гьадинал мухъал: «Я, гьудул Горбачев, дуца аб улкаялъе гьабун тараб жо щиб? ХинкIал разе ханжу гуреб, чайдалъ базе чакар гуреб, чури тIезе ведро гьечIеб пачалихъ букIунебищ? Ваххилан хабарги бицун тIубалеб жойиланищ ккараб дуда пачалихъалъул бетIерлъи?» Ваххилан харбалгун Горбачги хутIана, дагьал гарамалги речIизарун Боряца талкъен цIалана СССР абураб «туснахърукъалъеги».

Гьев хисун 90 абилезул ахиралда вачIарав В. Путиница бачIинахъего лълъар ккуна гIарчIиххараб бече гIадин унеб рахъ лъалареб пачалихъалъул. 8 долларалде дунялалъул базаралда баррель букIараб нартила багьа дагь-дагь ккун цIикIкIун хIатта 130 долларлдецин бахана.

Путинил нухмалъиялъул сонал лъугьана улкаялъе хIаталдаса ун гIемераб гIарацги щвараб, долларазул миллиардералги цIикIкIараб, улкаялдаса ва тIадчагIаздаса пенсионералги разияб. Экономика, промышленность, производство абурал жал хIалтIичIого нартил долларалги кванан рукIиналъ нилъ лъикIалде рачунароян абулел гIадамалги рукIана.

Амма гьезул гьаракь рагIулеб букIинчIо я власталда, я халкъалда. Гьел ругин Западалъул ишпионал, хиянатчагIи, жалго цIогьодизе бокьарал гIадамал абулаан Россиялда гьезде. Нилъер гьаниб Дагъистаналда бигьаяб букIана гьелгун «къеркьезе», гIемер гаргадани «вагьабияв» вугин чIезабулаан.

Вагьабиязул сияхIалде восарав чи, я рохьове ине кколаан, ялъуни живго «вагьабияв» вукIиналъе разилъизе кколаан. Киналго пачалихъалда данде чIарал вагьабияллъун хъванин абуни мекъи букIина, амма рукIана гьединал хIужабиги. РукIана хIакъикъиял вагьабиял абурал чагIиги, гьез жидедаго «салафиялин» абулеб букIана.

Гьезул цоял динияб бичIчIиялъул рахъалъ рукIун ратани, цогидал гьеб диналъул маскаги тIад ххун бандитлъи гьабулел рукIана. ХIасил калам, гIорцIарал 2000 абилел соназе рахIат хвезабуна Дагъистаналда къуваталъулазулгун рохьилазул дандечIеялъ. Гьеб къеркьеялъул къурбаналлъун цIакъ гIемер гIадатиял гIадамалги кколаан.

Терактазгун кьвагьа-гIанхъияз гьаргьадулеб букIана Дагъистан кигIан гIемер пенсиялгун дотациял Москваялъ кьуниги. 20I3 абилеб соналъул январалъул ахиралда нухмалъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIараб заманалда цIакъго хIалуцун букIана. ГIурусаз абухъе, «активная фаза противостояния» букIана гьеб мехалда.

Ихдал цIияв президент вугеб ХъахIаб рокъоса 100 метраялъ аскIоб, Р.ХIамзатовасул къотIной жийго жинцаго кьвагьарай ясалъул рукьби рищулел рукIана гIадамаца. Шагьаралда букIана хвалил махI бахъун, битIахъе абуни. Чанго къоялдаса Орджоникидзел къотIноб бахъараб кьвагьиялъ хвана нахъойги гIадамал. ГIабдулатIиповас хитIаб гьабуна федералиял СМИяздаса: «Это выстрелы из прошлого, похоже на предсмертную агонию бандитов. Мы покончим с ними», — ян.

ГIемерисел гьел кьвагьиял рукIана бакIалъул политикиял ва криминалиял къокъабазул разборкаби. 20I4 абилеб сон цониги теракт гьечIого ана, рохьор рукIаразул цо-цоязда бичIчIана гьеб къеркьеялъул магIна гьечIеблъи.

ЧIвай-хъвеялъул ва хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ къварилъи хисун гIатIилъи бачIана ахираб кIиго соналда жаниб. Амма тIабигIаталъул закон хисунгутIи бихьизабулеб гIадин бачIана цойги рахIат хвезабулеб рахъ. Финансовияб кризис ва къватIисел улкабазул экономикиял санкциял.

70 проценталдаса тIаде дотациязги хьихьулеб, 70 проценталъ къватIисан продовольствие, кванил нигIмат ва ретIел-кун бачIунеб Дагъистаналъе гьеб буго гIезегIан захIматаб экзамен. Гьаб къварилъи хисун гIатIилъи бачIине ккани, гIезегIан гIетI тIезе ккола нилъеца.

ГIурусаца абураб «нет худа без добра» — ги ритIухъ гьабизе, магIарулазул бицунеб «къварилъиялда хадуб гIатIилъи камуларо» -ги хIакъаб батизе ккани. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG