Гьез бицухъе гьатIан къоялъул радал анлъго тIубараб мехалда гьесул рокъоре рачIун руго къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Жал чIухь базе рачIун ругин лъазабун буго гьез, гьел хасал тадбирал тIоритIизе рес кьолел документалги рихьизарун руго гьез.
Жалгоги гьел хасал хъулухъазул хIалтIухъаби Пятигорскалдаса рачIарал рукIанин абун буго имамасул гIагаразда гьеб росулъе жанире рачIунеб бакIалда бугеб полициялъул посталда рукIарал низам цIунулез.
Киданиги Ставрополь мухъалъулгун кинаб букIаниги хурхен букIарав чи гурин жиндир вац, гьениса низам цIунулез щайин гьесул рокъоб чIухь базе кколебин абулеб буго гьесул вац ХIасаница.
Гьединго гьев ккурасул вацас бицухъе ГIиса Гъойтемировасул рокъор хасал тадбирал тIоритIизе дагьалдасан 50 гIан къуваталъул идарабазул хIалтIухъан вачIун вукIун вуго.
ХIасан Гъойтемиров: «Рокъоб чIухьги бан, низам цIунулез гьениса ккун вачун ана дир вац. Киве гьев вачунев вугевалиги абичIо гьез щибниги. Рокъоса кинавго чиги къватIиве витIун тIоритIана гьес гьенир хасал тадбирал.
Гьедин, дир вацасул рокъоб таманчаги, гранатаги цо шишаялда жаниб бугеб щибали лъалареб лъамалъиги батанилан лъазабуна гьез. Гьеб кинабго я ГIисадехун, я нижер хъизаналдехун хурхен бугеб жо гуро. Гьезие некIого къваригIун букIана дир вац кквезе багьана. Гьединлъидал жидецаго гьениб ярагъги реххун багьана щвана гьезие гьанже.
Гьез гьеб реххичIеб батани щай ха цониги нижер чи тун вукIинчIеб чIухь балаго нугIлъун. Къануналда рекъон гьедин гурищ гьабизе кколеб. Гьезулин абуни чIухь балел чагIиги нугIзалги жалго рукIана. Гьелда тIадеги киве гьев вачунев вугевали баян гьабичIо нижее. ТIубараб сордоялъ гьев валагьулев вукIана дун.
Цин абуна гьев гьанивго нижер росулъго вугилан, хадубги лъазабуна гьев Буйнакскалде вачун вугилан. Буйнакскалде нахъе лъабцIул щвана дун, амма вац вихьичIо ва гьев вугев бакI лъачIо жеги. РогьинегIан республикаялъул прокуратураялъул гьединго жанисел ишазул министерлъиялъул дежурный частазде кIалъалев вукIана дун ГIиса вугев бакI лъазе, амма гьезги жеги кинаб букIаниги баян кьечIо».
Гьединго ХIасаница бицана жиндир вац 2014 соналдаса нахъе низам цIунулез вагьабияв вугинги абун хасал сияхIазде восун вукIанилан. Гьез зама-заманалдасан полициялъул бутIаялде ахIулаанила гьев килщазул лъалкIазул суратал рахъизе, гара-чIвариял гьаризе.
Цебеккунги чанцIулго гьесул рокъоб чIухьги бан букIанила, амма гьеб мехалда щибниги бегьулареб жо батун букIинчIила низам цIунулездайилан бицана ХIасан Гъойтемировас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.
Ккурасул адвокат Владимир Корхалевас лъазабулеб буго ХIасан Гъойтемиров низам цIунулез ккун гьечIин гьев викъун вугилан. Щай гурелъул Россиялъул къануналда рекъон чи ккун хадуб лъабго сагIаталдасан къуваталъул идарабазда тIадаб бугила гьесул гIагарлъиялдда гьев вугев бакI лъазабизе.
Гьелдаса хадуб 48 сагIаталъ гьев кквезе протоколги гIуцIун гьесие хIукму къотIизе букIине хIажатал баяналги документалги диваналде ритIизе кколилан. Гьел киналго тадбиразул цохIонигияб гьабун гьечIила Гъойтемиров ккураз, гьеб къанун хвезаби бугин абун россиялъул прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялдеги гIарзал хъван руго гьес.
ГIиса Гъойтемировас ЦIиябгъаякент росдал имамлъи гьабизе байбихьаралдаса 4 сон ун буго. Гьев кколев вуго Дагъистаналъул миллияб сиясаталъул ва диниял суалазул министерлъиялъул бетIерлъун вукIарав Бекмурза Бекмурзаевасул яцалъул вас.
Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъ ГIиса Гъойтемиров рокъоб изну гьечIого ярагъ цIуниялъухъ ккун вугилан аби гурони тIокIаб кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.
Гьединго 22 сентябралда Хасавюрт мухъалъул ЦIиябкъуруш росулъа 4 чиги ккун вуго низам цIунулез изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун ва рокъоб къануналде данде кколаредухъ кьвагьулел жалги, ярагъги батиялда бан.
Гьедин 17 октябралда ЦIиябкъурушалда хасаб операциялда чIварав Алхас Сардаровасул рокъоб батанаб кьвагьулеб алат нахъе босизе кIвечIого, гьенибго кьвагьизабунин лъазабулеб букIана хасал идарабаз.
Гьелъул къуват букIун буго тротилалъул 5-6 килограмм. БакIалъул гIадамаз рикIкIунеб буго низам цIунулез жидецаго ургъунго жаниб кьвагьулеб жоги лъун кьвагьизабунин Сардаровазул минайилан. Гьанже гьесул лъадиги кIиго гьитIинаб лъимерги къватIир хутIанилан.